У вас вопросы?
У нас ответы:) SamZan.net

хIажи Зиявуддин МАВЛИДАЛ Автордандегьабурав А

Работа добавлена на сайт samzan.net: 2016-03-13

Поможем написать учебную работу

Если у вас возникли сложности с курсовой, контрольной, дипломной, рефератом, отчетом по практике, научно-исследовательской и любой другой работой - мы готовы помочь.

Предоплата всего

от 25%

Подписываем

договор

Выберите тип работы:

Скидка 25% при заказе до 6.3.2025

МАГIАРУЛ МИЛЛИЯБГУН МАДАНИЯБ АВТОНОМИЯ

Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддин

МАВЛИДАЛ

Автор-дандегьабурав А. М. МуртазагIалиев

МахIачхъала 2013

Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддин. Мавлидал / дандегьаби, цеберагIи, баянал А.М. МуртазагIалиевасул. – МахIачхъала, 2013. – …гь.

Гьаб мажмугIалде жанире рачун руго ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялъул ХХ гIасруялъул авалалъул Турциялъул магIарул диаспораялъул машгьурав хIаракатчи, гIалимчи ва шагIир Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддин Дагъистанил (1849–1921) адабияб портретги, «Мавлид шарип», «МигIраж ан-наби», «МугIжизат ан-наби», «Къиса ал-ажир» абурал гьесул мавлидалги.

ТIехь хIисаб гьабураб буго магIарул адабияталъул цIех-рех гьабулезеги, мугIалимзабигун цIалдохъабазеги, миллияб маданият бокьулезеги.

© МуртазагIалиев А.М., автор-дандегьабурав 2013

МИЯКЬОСА ГIУМАР-ХIАЖИ ЗИЯВУДДИН ИЛ

АДАБИЯБ ХIАРАКАТ

ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда – ХХ гIасруялъул байбихьуда ГIусманиязул империялъул ракьалде гочарал дагъистаниязда гьоркьоса рахъарал бищунго машгьурал гIадамазул цояв ккола Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддин Дагъистани. Щайилан абуни турказул пачалихъалда гьев вахараб жамгIияб-гун политикияб ва диниябгун адабияб борхалъиялде Дагъистаналъул мугьажирзабазда гьоркьоса цIакъ къанагIат гурони чи вахинчIелъул. Гьев магIаруласул кIодолъиялъеги машгьурлъиялъеги нугIлъи гьабула цо гьадинаб хIужаялъ: хун хадув ГIумар-хIажи вукъана Истамбулалда бугеб Сулеймания абураб мажгиталъул азбаралда, султан Сулейманил хъизамалъул агьлуги гIусманиязул улкаялъул цIар рагIарал пачалихъиял хIаракатчагIиги рукъарал хабалалъ.

Бечедаб гIелмиябгун адабияб ирс нахъе тана гьев хIикматаб къисматалъул инсанас. Жиндирго умумузул ватIан Дагъистаналдаги машгьурав вукIана ГIумар-хIажи Зиявуддин. Гьенив гьев лъалаан Миякьоса ГIадул вас ГIумар абураб цIаралда гъоркь. МагIарул тарихалда гьев хутIана кIудияв шайих, динияв хIаракатчи ва машгьурал мавлидазул автор хIисабалда. Гьелъие нугIлъи гьабула, масала, «Дагъистан» абураб поэмаялда Игьалиса Чупалас ГIумар-хIажие кьураб гьадинаб къиматалъги:

СагIид ГьаракIунив – кIудияв гIалим,

Исламдибир гIалим – гIарадерил бакъ,

ГIумар-хIажи камил – миякьдерил моцI,

Сиражудин хIажи – инхвадерил цIва3.

Октябралъул инкъилаб ккелалде ГIумар-хIажил диниял хIалтIаби ва шигIриял асарал хасал басмаби хIисабалдаги батIи-батIиял шигIриял мажмугIаздаги рахъулаан Турциялдаго гIадин Дагьистаналдаги4, ва гьел гIатIидго тIиритIун рукIана магIарул халкъалда гьоркьор. Гьелдаго цадахъ руго хIужаби ГIумар-хIажил шигIриял асарал батIиял мацIаздеги руссинарун рукIиналъе жидеца нугIлъи гьабулел, масала, дарги5, лак, лъарагI мацIазде6.

Совет хIукуматалъул заманалда ГIумар-хIажил цIарги гьесул ирсги букIана «тIаде ракь хъван» тун. Квералъ хъварал мавлидалги жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ мукъсанал хIужабиги гурони тIокIаб щибниги лъалеб жо букIинчIо магIарулазда гьесул хIакъалъулъ.

Амма араб гIасруялъул ахиралда ккарал хиса-басияз рес кьуна ГIумар-хIажил асарал басмаялда рахъизе гуребги, гьесул адабияб ирсалъул гIелмияб цIех-рех гьабизе байбихьизеги гьесул цIар кIодо гьабизеги. Гьедин, 1996 соналда миякьдерил жамагIаталъулги магIарул гIалимзабазулги жигаралдалъун гIалимчиясул ватIаналда, Миякьоб росулъ, тIобитIана гьесие сайигъат гьабураб кIудияб гIелмияб мажлис.

ХХ гIасруялъул 90-абилел соназда ГIумар-хIажил ирсалда тIаса дагьабго пардав борхана магIарул адабияталъул цIех-рех гьабурав Сиражудин ХIайбуллаевас. МагIарул ва гIурус мацIазда хъварал жиндирго монографиял хIалтIабазулъ7 гьес кьуна ГIумар-хIажил гIумруялъеги адабияб хIаракаталъеги тIоцебесеб гIелмияб къимат: «Гьев вукIана гьунар тIокIав, пагьму камилав, махщел цIубарав гIалимчи, шагIир, таржаман, рухIанияв хIаракатчи. Гьес нахъе тараб рухIияб ирсги бечедаб, батIи-батIияб магIнаялъул, мурадалъул, даражаялъул буго»8. Хадубго гьесго хIадур гьабуна ва басмаялда бахъана гIалимчиясул хIакъалъулъ хъвараб цеберагIигун ГIумар-хIажил мавлидазул тIехьги9.

Гьелдаса хадуб магIарул ва гIурус мацIазда басмаялда рахъарал газетаздаги, журналаздаги, батIи-батIиял мажмугIаздаги, тIахьаздаги, гIелмиял хIалтIабаздаги бакI ккуна ГIумар-хIажил бечедаб ирсалъул бицарал материалаз. Масала, гьесул гIумруялъул ва адабияб хIаракаталъул хIакъалъулъ мухIканго бицун буго Б.Р. ГIалиевасул10, А.М. МуртазагIалиевасул11, ГI.ГI. МухIамадовасул12, ГI.М. МухIамаддадаевасул13, М.М. МухIамадхановасул14 асаразулъги гIелмиял хIалтIабазулъги.

КъватIисел пачалихъазда ГIумар-хIажил адабияб ирсалъул киданиги гьабичIо гIелмияб анализги кьечIо гьелъие критикияб къиматги, хасго Турциялда, гьев магIаруласул кIиабилеб ватIанлъун лъугьараб улкаялда. Гьенир, машгьурав динияв гIалим ва хIаракатчи хIисабалда, ГIумар-хIажил хIакъалъулъ баянал дандчIвала гIицIго исламиял энциклопедияздаги, баянтIахьаздаги, динияб жанралъул адабияталдаги. Масала, ГIумар-хIажил хIакъалъулъ хIалтIаби хъварал авторазда гьоркьор руго ХIусейн Вассаф, Жемил Чолакогълу, Ирфан Гюндюз, Сулейман Зеки Багълан, Жунейт Бинатли ва гь. ц. ГIалимчиясул хIакъалъулъ цо-цо интересал баянал дандчIвала Турциялда бугеб Кавказалъул диаспораялъул авторазул асаразулъги15.

ГIумар-хIажи Зиявуддин гьавуна 1849 соналда Дагъистаналда, Миякьоб росулъ. Гьесул эмен ГIаду (Ал-ХIажи-ГIабдуллагь ад-Дагъистани ал-Авари) вукIана МагIарухъ машгьурав гIалимчи. Гьесулги лъади ПатIиматилги букIана микьго лъимер, ГIумар вукIана гьезда гьоркьоса анкьабилевлъун.

ГIараб гIелмуялъул хIакъалъулъ тIоцересел баянал ГIумарие щвана Дагъистаналда, жиндирго инсудаса. Гьелдаса хадуб гьев цIалана росдал мадрасаялда. Хадуб лъай босана МагIарухъ батIи-батIиял росабалъ, махщел камилал гIалимзабазда цеве цIалулаго. Масала, ГIумар-хIажие дарсал кьурал мугIалимзабазда гьоркьов вукIана ЧIикIаса ХIанзахIажияв абурав машгьурав гIалимчиги.

XIX гIасруялъул 60-аб. соназул ахиралда ГIумар-хIажи гочана Турциялде ва гьенив, Шамил имамасул вас ГъазимухIамадил нухмалъиялда гъоркь букIараб Дагъистаналъул мугьажирзабазул полкалдеги хъван, гIахьаллъи гьабуна ГIурус-турк рагъулъ (1877–1878).

Рагъдаса хадув гьев вачIана Истамбулалде ва гьенив лъугьана накъшбандияб тIарикъаталъул халидия жамагIаталъул кIудияв шайих Гюмюшханаялдаса АхIмад Зиявуддин-апандил муридлъун. Гьев муршидас кьураб буго магIаруласе Зиявуддин абураб цIарги.

Истамбулалда Патма Султан мажгиталда цебе букIараб мадрасаялда ГIумар-хIажица цIалана тапсир, хIадис, усул-пуру ва мантикъ гIелмаби. Гьелъул хIасилалда гьев вахана тасавуп (супизм) гIелмуялъул тIадегIанаб даражаялде. Гьеб даражаялде вахарав гьесие шайих АхIмад Зиявуддиница ижазаги кьола тIарикъат бачине.

1878 соналъул декабрь моцIалда ГIумар-хIажи Зиявуддин тIамула Эдирне шагьаралда букIараб гIусманиязул КIиабилеб аскаралъул полкалъул муптилъун. 1892 соналъул сентябрь моцI щвезегIан, ай анцIила ункъо соналъ гьеб хъулухъалда хутIана гьев. Гьелдаса хадуб, падишагьасул амруялда рекъон, гьев аскаралъул хъулухъалдаса нахъе вачуна ва витIула Малкъара шагьаралде къадилъун. Гьеб хъулухъалда ГIумар-хIажи вукIана 1893 соналъул июнь моцIалдаса 1901 соналъул май моцI щвезегIан.

1903 соналда ГIумар-хIажи тIамула Къуддус (Иерусалим) вилаяталъул къадилъун, тIасияб соналъ гьебго хъулухъ гьабизе гьев витIула Текирдагъ шагьаралде. Къадиясул хъулухъалда вугеб мехалъ, гьелъухъ кколеб харж босулеб букIун гьечIо ГIумар-хIажица. «ШаргIалда рекъон гIадлу гьабулев чияс пачалихъалъухъа гIарац босуларо», – янги абун, жиндие кколеб ужра гьес кьолеб букIун буго мутагIилзабазе. Гьебго шагьаралда гьес ячуна ахирисей чIужуги, Назипат абурай гIадан, ва гьезие микьго лъимерги гьабула. Гьелдаса цее ячун йикIарай лъабго чIужуялдаса гьесул лъимал рукIинчIо. КIиго соналдасан (1906) ГIумар-хIажи тIадвуссана Истамбулалде.

ГIусманиязул цIияб конституция лъазабураб мехалъ (1908), ГIумар-хIажица хъвала «ХIадисал ва султанасул хIукъукъ» («ХIадис-и Арбаин пи ХIукъукъис СалатIин») абураб падишагьасул хIукумат цIунараб тIехь. Гьеб сабаблъун гIолохъантурказул хIукуматалъ, тамихI хIисабалда, гьев, абадиялъ жанив тIамизе хIукмуги гьабун, туснахъалда лъола, хадув Мадинаялде къватIиве къотIула. Гьесде гIунтIизабураб гIайиб букIана 31 марталъул лъугьа-бахъиназда16 гIахьаллъи гьабиги «ИттихIад-и МухIамади» абураб жамагIатгун ва «Дервиш ВахIдети» абураб гIуцIигун бухьеналда вукIинги.

Мадинаялда ГIумар-хIажица бана анкьго моцI. Гьениб гьесул лъай-хъвай ккола гьебго заманалда гьениве вачIарав Мисриялъул (Египеталъул) бетIер Хидив ГIаббас ХIилми-пашалгун. ХIилми-пашаца гIалимчи ахIула Мисриялде. ГIумар-хIажица гьеб ахIи къабул гьабула ва Искендерун (Аликсандрия) шагьаралда Мунтазагь абураб кIалгIаялда хъизангун цадахъ рештIуна. Гьениб гьес гьабулаан имамлъиги мударрислъиги. Мисриялда гIага-шагарго ГIумар-хIажица бана анлъго сон.

Гьеб пачалихъалъул бетIер Хидив ГIаббас ХIилми-пашалги ГIумар-хIажилги лъай-хъвай ккеялда бараб, гIалимчиясул напсалъул цо-цо рахъал баян гьарулеб интересаб бицен тана гьесул вас Юсуп Зия Бинатлица:

«Рукъалдаса рикIкIад Мадинаялда гIумру гьабулев вукIарав, хъизам-лъималазухъ чIалгIарилев дир эмен, щибаб къоялъ гьардолаан БетIергьанасда гьеб гIазабалдаса жив хвасар гьавеян.

Цо нухалъ къаси Мисриялъул бетIер ГIаббас ХIилми-пашада макьилъ вихьула МухIамад авараг. Дир инсудехун килишги битIулаго, аварагас гьесда абула: «Гьев чи ккола ГIумар-хIажи Зиявуддин Дагъистани. Гьев вуго Аллагьасе вокьулев лагъ. Дуца гьев дурго цIобалда гъоркье ваче ва, гьесул гIелмуялдаса пайда босизе гIоло, дудаго цадахъ Мисриялде ахIе. Биччанте гьев дур гьундузухъ гьоболлъун вукIине.

Гьелда данде Мисриялъул бетIер Хидив ГIаббас ХIилми-пашаца абула:

–Я, МухIамад! Дида гьев лъаларогури. Кин дида ватилев гьев Мадинаялда? – ян.

МухIамад аварагас гьесие кьола жаваб:

– Гьесда жиндаго ватизе вуго мун, – ан.

Чанго къоялдасан, рачун цадахъ гIемерал гIадамалгун, ХIилми-паша Мадинаялде инейилан сапаралъ вахъуна. Мадинаялде щваравго, гьев цадахъ рукIаралгун чIухIараб къагIидаялда уна МухIамад аварагасул хабаде зиярат гьабизе.

Гьебмехалъ, аварагасул мажгиталъул къадалда мугъги ццун, рагIдукь хIухьбахъиялда вукIарав ХIапиз ГIумарида вихьула гIемерал чагIигун цадахъ МухIамад аварагасул хабаде гIамал кIодого цо чи гIагарлъулев вукIин. ГIодовкIараб бакIалдаса кIанцIун тIадеги вахъун, ХIапиз ГIумар Дагъистани векерула гьев лъаларев чиясухъе, кIиябго квералъ къан ккола гьесул габур ва ахIдола:

– Ле, инсан! Дуда лъаларогунищ бугеб, мун лъида цеве чIун вугевали? Мун гьениве гIамал кIодого гурев, гIодовеги къулун, гIадатго ине ккола. Гьединаб чIухIараб къагIидаялда мун гьениве ине гьечIо! – ян. Гьебги абун, гьев чIола ХIилми-пашада цеве, гьев цевегIан инчIого вукIине гIоло.

Жиндие нух къарасул гьурмахъ балагьаравго, ХIилми-пашада гьебсагIат лъала МухIамад аварагас макьилъ жинда вихьизавурав чи. Гьев ГIумар-хIажи Зиявуддин вукIин бичIчIарав гьес, жиндир габур ккун букIараб кIиябго кверги къан: «Ле, ГIумар-хIажи Зиявуддин! Ле, хирияв Аварагас дида тIадкъарав дагъистанияв! Кье цо дун къочилин дуда!» – янги абун, дир эмен каранде къала. Цинги ГIаббас ХIилми-пашаца гьесда бицана бихьараб макьу. Аварагасул хабаде зиярат гьабун хадуса гьел цадахъ Мисриялде тIадруссана»17.

ТIоцебесеб дунялалъул рагъул заманалда ингилисаз, гIарцухъ гIарабаздаса гIуцараб аскар бакIарун, гьеб турказде данде хIалтIизабизе лъугьуна. Гьелъие квалквал гьабизейилан абун, конференцияби тIоритIарав, кагъталгун баянал тIиритIизарурав ГIумар-хIажи ингилисаз туснахъ гьавула.

Гьеб заманалда Швейцариялде витIун вукIарав ГIаббас ХIилми-пашада гьеб хабар рагIула ва гьес Англиялъул къиралалда гьарун ГIумар-хIажи эркен гьавеян. Къиралалъ, гьеб гьариги къабул гьабулаго, амру бахъула ГIумар-хIажи туснахъалдаса виччазе.

1919 соналда ГIумар-хIажи жиндирго хъизангун цадахъ тIадвуссана Истамбулалде. Гьеб мехалъ хола накъшбандияб тIарикъаталъул шайих, халидия жамагIаталъул цевехъан ИсмагIил Нажати-апанди. Гьесул бакIалда Гюмюшханаялдасесул муридзабазда гьоркьоса тола бищунго лъикI тасавуп гIелму лъалев, гьунар тIокIав ГIумар-хIажи Зиявуддин.

Истамбулалда ГIумар-хIажица байбихьула муридзабазе шаригIаталъулги тасавупалъулги дарсал кьезе. Гьеб ишалда вукIаго, гьев тIамула «Дар-ул Хилапа Мадраса-тул МутахIасис» абураб мадраясалъул мударрислъунги. Гьениб гьес байбихьула кьезе хIадис ва мазгьаб гIелмабазул дарсал.

ГIумар-хIажи вукIана кIудияв гIалимчи, БетIергьанас хасаб гьунар кьурав инсан. Рахьдал мацIалда цадахъ гьесда гъваридго лъалаан гIараб, парс, турк мацIалги. Гьединго кIалъазе бажарулаан гIурус ва лъарагI мацIаздаги. ГIолохъанаб заманалдаго, Дагъистаналда цIалулеб мехалъ, гьес анлъго моцIида жаниб рекIехъе лъазабун букIана хирияб Къуръан. Гьелдаго цадахъ ГIумар-хIажида цогияздаса тIокIаб даражаялда рекIехъе лъалаан хIадис гIелмуги. ГIумар-хIажи вукIана тархъанаб, лъиданиги бачIеб пикруялъул, бахIарчияб гIамал-хасияталъул инсан. Жиндирго пикру, ахIвал-хIал загьир гьабизе, хIакъаб жо бицине гьев лъидасаниги хIинкъулароан, хIатта живго падишагьасдасагицин.

ГIусманиязул империя биххун унел соназда, турказул ахирав султIан МехIмед VI (ВахIидуддин) вачIуна ГIумар-хIажихъе мадрасаялде ва гьесда гьарула империялъул шайихулисламасул18 хъулухъ тIаде босеян. Гьелъие шайихас кьола гьадинаб жаваб: «Тушманасул малакь бугеб ракьалда патва бахъиялъул магIна букIунаро!»19, – ян. Бицен буго ГIумар-хIажил гьеб жаваб машгьурлъанила ислам диналъул тарихалда жанибилан.

ГIумар-хIажи Зиявуддин хвана 1921 соналъул 20 ноябралда рузман сордоялъ.

ТIадехун абухъего, ГIумар-хIажица нахъе тана гIараб ва турк мацIазда хъварал камилал гIелмиял асаралги магIарул мацIалда хъварал пасихIал, магIна гъваридал, исламияб диналде халкъалъул ракI базабулел мавлидалги туркабиги. Цо-цо баяназда рекъон, гьес гIараб мацIалдаги хъвалел рукIун руго шигIриял асарал, амма гьезул текстал жеги кодоре щун гьечIо. ГIумар-хIажил шигIриял асаразда гьоркьор тIоцебесеб иргаялда рехсола магIарул мацIалда хъварал «Хирияб мавлид», «МигIраж ан-наби», «МугIжизат ан-наби», «Къиса ал-ажир» абурал мавлидалги «Къисас ан-набия» («Аварагзабазул къисаби») абураб кIудияб асарги. МагIарул динияб адабияталъул цIех-рех гьабурав С. ХIайбуллаевас гьеб ахирисеб асаралъе кьолеб буго гьадинаб къимат: «Къисас ан-набия» – саламатаб, цIубараб, кIудияб асар буго. КочIол низамалда сокIкIараб къисаялда ГIумар-хIажица баян гьабулеб буго Адамидаса байбихьун киналго аварагзабазул гIумру, къисмат, динияб хIаракатчилъи.

Мусал Тавратги, Давудил Забурги, ГIисал Инжилги, диналъул гIаммаб тарихгун хIакъикъатги ГIумар-хIажида гъваридго, гIатIидго лъалеб букIинчIебани, гьесда кIвелароан диналъул гьединаб гIатIидаб тарих нилъее рагьизе…

Къисаялъул буго жиндиего хасиятаб гIуцIиги магIна-пикруги. Гьеб кколаро цохIо тартибалда бицараб тарихияб хабар. Бицунеб хабарги гьоркьоса къотIизабун, ГIумар-хIажица жигар бахъула жиндирго хIакъикъаталде, сверухъ бугеб тIабигIаталде, гIадамасул хьвада-чIвадиялде, гIамалалде, хвел-хобалде ругел пикраби, бербалагьи загьир гьабизе, инсанасе лъикIаб тарбия кьезе, гьев лъикIал ишазде цIазе. Гьел пикраби загьир гьарун руго беричаб, гугьар бугеб, магIна гъваридаб каламалдалъун»20.

ГIумар-хIажица хъварал, данде гьарурал гIелмиял хIалтIабазда ва асаразда гьоркьоб бищунго машгьураблъун рикIкIуна «Зубдатул Бухари» абураб хIадисазул тIехь. Гьенир ругел хIадисал ГIумар-хIажица росана имам Бухариясул «Ал-Жамиус-СахIихI» абураб тIохьодаса. Гьеб тIехь рикIкIуна Къуръаналдаса хадуб бусурбабазда гьоркьоб бищунго хирияб тIехьлъун.

Имам Бухарияс данде гьабураб аварагасул 7275 хIадисалда гьоркьоса тIоцебесеб нухалъ ГIумар-хIажица босун букIана 4541 хIадис, ва, «Сунан Аквали Набавия» абураб цIаралда гъоркь данде гьабураб тIохьода жаниреги рачун, 1892 соналда Истамбулалда басмаялде рахъула. Хадуб, гIадатал гIадамазе цIализеги рекIехъе лъазабизеги бигьа букIине гIоло, гьеб тIехь ГIумар-хIажица къокъ гьабуна – 1527 хIадисалде щвезегIан ва, «Зубдатул Бухари» абураб цIарги лъун, 1914 соналда Мисриялда къватIибе биччала.

Жиндирго инсулги гьес данде гьабураб тIехьалъулги хIакъалъулъ ГIумар-хIажил вас профессор Юсуп Зия Бинатлица «Зубдатул Бухариялъул» цеберагIиялда хъвалеб буго гьадин: «РахIматав дир эмен мударрис, шайих ГIумар Зиявуддиница «Зубдатул Бухари» абураб цIаралда гъоркь хъвараб тIехь гIараб мацIалда басмаялде бахъана 1914 соналда Мисриялда. 1919 соналда Турциялде тIадвуссун хадуб, гIарабалъ хъвараб гьеб тIехь, гIадамаз пайда босизе гIоло, жинцаго турк мацIалде буссинабуна, амма гьеб басмаялде бахъизегIан гьев хутIичIо. Эмен хун хадуб, ункъо соналдасан, ай 1925–1926 соназда гIараб хIарпаздалъун (цебесеб турк алип – А.М.) «Зубдатул Бухариялъул» лъабго тIехь басмаялда бахъана. Хадусел соназда гьеб тIехь цIияб турк алипалъ чанго нухалъ кьабуна. Цогидал тIахьазде дандеккун, «Зубдатул Бухариялъул» таржамаялъул буго жиндирго хаслъи. МухIамад (а.с.) аварагасул рагIаби гьенир кьун руго хисизаричIого, гьес абураб хIалалда, тIад хасаб хIалтIи гьабичIого, баян гьарун руго гьел. ХIадисазда хадур кьун руго жидеца тIехь бечед гьабурал таржаманасул гIелмиял баяналги»21.

ГIумар-хIажил гIелмиял хIалтIабазда гьоркьоб цоги къиматаб асарлъун рикIкIуна «Патава-йи ГIумариййа пи`т-ТIараикъил-алиййа» («ТIарикъаталда хурхарал ГIумарил патваби») абураб тIехьги. Гьелъул цеберагIиялда профессор Юсуп Зия Бинатлица хъвалеб буго гьадин: «Гьенир руго тасавупалъул (супизмалъул) цIакъ кIвар бугел жавабалги суалалги. Гьеб тIехь халкъалда бичIчIулеб къагIидаялда латин хIарпаз басмаялда бахъанин рагIараб мехалъ, дир ракI сородана. Щайгурелъул, гьединал тIахьал, халкъалда цIализе кIвечIогун, библиотекабазда регун хутIун руго. Инсул гьеб тIехь анцI-анцI соназ Сулеймания мажгиталъул библиотекаялда хутIун букIана. Басмаялде бахъиялъ, гьелда цIияб рухI лъуна.

ТIохьода ругел тасавупалъул суалал кьучIлъун руго ислам пикруялъул гIадамазе. Гьенир цIакъ лъикI баян гьарун руго муршидасдаги муридасдаги гьоркьор рижулел суалалги жавабалги ва Аллагьас бихьизабураб бацIцIадаб нухги. Гьеб тIехь цIалулаго, баянлъизе буго тасавупалъул хIакъикъатги лъикI лъазе буго гьелъул къуватги…

Дица пикру гьабула: ахлакъ-адаб гьечIеб ва киналго квешлъаби ругеб гьаб заманалда, тасавуп ахлакъги батани, тасавуп адабги батани, тасавуп берцинаб гIамалги батани, тасавупалъ квешлъиялдаса рикIкIад гьарулелги ругони, тасавупалъ батIиязул боцIудаса бер буссинабулебги батани, цогиязул намус хвезабуларебги бугони, тасавупалъ инсанасул сихIирлъи, цIогь, бер гIорцIунгутIи къватIиб чIвазабулебги бугони, гьеб гуреб цогидабги батани – битIараб бицани, гьединаб цо тасавуп къваригIараб жо буго»22.

«Патава-йи ГIумариййа» абураб тIохьол буго щуго бетIер. Щибаб бетIералда жанир руго бутIаби, бутIабазда жанир кьун руго мухIканал суал – жавабал. Муридасул суал – муршидасул жаваб – гьединаб тартибалда гIуцIун буго гьеб тIехь. Суалазда бараб буго жавабазул роценги: цо-цо бакIазда жаваб буго кьун цо-кIиго жумлаялдалъун, цогиял суалазе кьурал жавабаз ккола чанго тIамач.

МагIарул халкъалъул маданияб тарихалъулъ Миякьоса ГIумар-хIажица тараб лъалкI, лъураб бутIа буго гIемерго къиматаб. Хасго рахьдал мацIалда хъварал гьесул асараз, гьезда гьоркьор мавлидазги, цIиял темабаздалъун, сипатаздалъун, сюжетаздалъун ва терминаздалъун бечед гьабуна магIарулазул рухIияб пикруги, динияб адабиятги, миллияб мацIги.

АхIмад МуртазагIалиев

МАВЛИД ШАРИП23

БИССМИЛЛАГЬИ РРАХIМАНИ РАХIИМИ

Аллагьасул цIар рехсон, байбихьизин, кIалъазин,

Квербакъи тIалаб гьабун, мавлид тIубазабизин.

Иманалде шукру лъун, алхIамдуллилагь абун,

Салат-салам АхIмадгун24 асхIабзабаде битIун.

Элда хадуб кIалъазин, Расуласе рецц гьабун,

Жиндаго рекъанщинаб черхалде гIунтIизабун.

Аллагьасе бокьидал МухIамад загьир гьави,

ГIаламалъе рахIматлъун авараглъун эв гьави.

Авараг (с.гI.в.с.) гьавиялъул бицунеб бетIер

Адамидаса ккараб эсул наслу цIунана,

ГIабдуллагьил25 хIалилат26 Аминат27 хIамиллъана28.

Аминат къинай лъугьун къарарлъараб гIужалда,

ГIемерал гIаламатал тIатана гIаламалда.

Эб сордоялъ кIалъана къурайшазул хIайванал,

Рахъ-рахъалъе балагьун, гьаруна кIудал гьаркьал.

Рохел бицун, гьагьедун, Аллагьасул цIар рехсон,

Эбелалда ургьиве авараг кканин абун.

ГIаламалъулго имам, гIалимзабазул чирахъ,

МухIамад вугин эван ахIдана тIолго цадахъ.

ХIижаз29 гIарабиязул ракъул сонал рукIана,

Пихъал, хуралги рижун, алжан гIадин лъугьана.

МухIамад гьавиялде гIагарлъидал замана,

Зодисан, сап-сап гьабун30, малайкзаби рещтIана.

КагIба рукъалда гIадин, рукъ сверун тIавап гьабун,

ТIатIалаго рещтIана, АхIмадий икрам гьабун31.

ХIурулгIинзаби рачIун эбелалда рихьана.

Гьав дур вас СултIанилан32 элда рохел бицана.

Гьав дур вас гIадав Сайид33 цогиялъе гьавичIо,

Гьадинав гIакъил, камил гIадамасего кьечIо.

КIудаб давлат34 босана дуца, Вагьбил35 Аминат,

Дудасан загьирлъидал гIаламалъе аманат36.

ХIурулгIинада цере Марям37, Асият38 щвана,

Щибаб сипатги бицун, элда рохел бицана.

Эбел Аминатида xIapa чIвараб мехалда,

Къечалъ юхIалъ хIал бергьун, хIал хисараб мехалда,

ЦIердал пиялуялъуб гьекъолеб жо бачIараб,

Цо хъахIаб, цIакъ гьуинаб, гIаздадаса цIорораб.

Авараг (с.гI.в.с.) вижараб ракьалъул бицунеб бетIер

КIутIун кIалдибе босун, кIиго-лъабго хIохь бана,

ТIолго черх нурлъун лъугьун, алжанул махI бахана.

Цо хъахIаб хIинчIги бачIун, мугъалда милъирхъвана,

ГьебсагIат СултIан гьавун, зоб-ракь нуралъул цIуна.

Нужей бокьун батани жужахIалдаса нажат39,

ГIищкъуялдалъун битIе аварагасде салат.

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка, я Расула Аллагьу,

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка, я ХIабиба Аллагьу,

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка я саййид ал-аввалин ва-л-ахирин.

Авараг (с.гI.в.с.) гьавиялъул хIакъалъулъ бицунеб бетIер

РабигIул авалалъул40 анцIила кIиабилеб,

Итни сордоялъ гьавун, рокъоса нур баккана.

Эб рокъосан баккараб бакъ гIадинаб нур бахун,

Эбелалда бихьана зобал, ракьал занкIун цIун.

Гьаваялда нуралъул цо бусен тIамун буго,

ЦIар элда Сундус41 буго, тIамурав малайк вуго.

Лъабго байрахъ чIван буго лъабго батIа бакIалда,

Магърибгун42 машрикъалда43, КагIбаялъул44 тIохалда.

Жиндир мухIканлъияда киналго мукIурлъараб,

Эв гьавураб сордоялъ Кисрал хъала45 бихараб.

Истамбулалъул къирал Къайсарил46 си гвангъана,

Къад мехалъ аскIоб гIадин, Маккаялда бихьана.

Ханзабазул тахбакIал кIалагъоркье речIчIана,

МагIида рарал хъанчал гIодоре гъенон ана.

Лъимгун, цIа Аллагьлъун ккун, капурлъаралгIадамал,

Лъинал къун, цIаялги ссун, эб сордоялъ гIодарал.

Зодисан хабар лъазе, зодор рахунел женал,

Жив гьавун таралдаса, цIа речIчIун, нахъе чIварал.

Бижанщинаб гIаламалъ ахIун гьаракь гьабуна,

Ургъел ун, рохел бачIун, мархIабаян абуна.

Хошгелди47, лъикI вачIарав, гIаламалъулго СултIан,

MapxIaбa48, я мархIаба, махлукъалъулго49 гIирпан50.

MapxIaбa дуе, ХIабиб51, киназулго мархIаба,

МархIаба дуе, Карим52, кидагоги мархIаба.

МархIаба, каранзул ракI, киназулго берзул нур,

МархIаба, ХIалим53, дуе, хIакъав бичасул Мансур54,

МархIаба, Халил55, дуе, хасав бичасул махIбуб56,

МархIаба дуе, ТIагьа57, тIолазулго мун матIлуб58.

МархIаба, кIанцIулеб бакI, гIасияб умматалъул,

МархIаба, мугъ чIвалеб бакI, чара гьечIеб къавмалъул,

Гьумер бакъ гIадав Жамил, жаниб ракIазул дарман,

Музнибиназул59 ШапигI60, шапагIаталъул61 СултIан.

Нужей бокьун батани МухIамадил шапагIат,

БитIе нужеца эсде гIищкъуялдалъун салат.

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка, я Расула Аллагьу,

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка, я ХIабиба Аллагьу,

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка я саййид ал-аввалин ва-л-ахирин.

Авараг (с.гI.в.с.) гьавулаго лъугьарал мугIжизатазул бицараб бетIер

РахIманасул62 махIбубас дунял берцин гьабуна,

Малайкзабигун зоб-ракь, рохел гьабун, кьурдана.

Эбелалда ургьиса АхIмад къватIив лъугьиндал,

Рихьана эбелалда гIемерал мугIжизатал63.

ГIаламатада йиххун, Аминат гIодой ккана,

Цо дагьаб мехалдасан гIакълуялде ячIана.

ХIуралгун малайкзабаз ун вуго АхIмад вачун,

ГIаламалда вихьизе бичасул амру бачIун.

ХIайранлъун, хIисаб гьабун, зигаралда йикIана,

КIутIун хъахIаб накIкI бачIун, рукъалъул бокIнилълъуна.

Йохун, гурхIун Аминат АхIмадихъ ялагьана,

Сурма лъун, цIину къотIун, суннат гьабун ватана.

Къиблаялдехун вуссун, суждаялда речIчIана,

Аллагьасе рецц гьабун, кIалъан килищ борхана.

Жавгьарул мацI багъарун, цоги рагIи бицана,

ГIин, кIалалда аскIоб ккун, эбел лъикI гIенеккана.

Абулеб буго кIалалъ, Аллагь, сужда дуеян,

Хадуб гьарулеб буго уммат хвасар гьабеян.

Гьавигун умматилан Аллагьасде  гьардарав,

Гьесул суннатал тезе нечоларев мун кинав.

Маккаялъул ханзаби щибго хилап64 гьечIого,

КагIбаялда хъанчал ран, тIавапалда рукIаго,

ТIохаб рахъ бехе гьабун, Байталъ65 сужда гьабуна

Цоцин гамачI бортичIо, киназдаго бихьана.

ТIолгояда рагIана КагIбаялъ гьаракь гьабун,

Нужер хъанчал гъуризе АхIмад вачIанин абун.

КагIбаялъул бокIнаца цоцазе кьуна салам,

Къаси гьавунин абун МухIамад Хайруланам66.

ХIатIида гIицIго рачIун, ботIрода жо лъечIого,

Дида тIавап гьабила67 гьесул умматги бачIун.

Нужей бокьун батани МухIамадил шапагIат,

БитIе нужеца эсде гIищкъуялдалъун салат.

Авараг (с.гI.в.с.) хахиялхул бицараб бетIер

Рахьдал цIо тIагIинегIан эбелалда хахана,

Хадуб цо дагьаб мехалъ Субайбатихъе68 кьуна.

Гьелда хадув хахизе ХIалиматица69 ана,

Ятим вугилан абун, цогидаз нахъечIвана.

ХIалиматил рукъ бакъун, къварилъи ккун рукIана,

ХIабиб хахаралдаса хIисабхун бечелъана.

ЦохIо къоялъ гIолаан цо моцIалъ лъимергIанав,

Лъабго моцIиде вахъун, щугоялде хьвадарав.

ИчIго моцI тIубалелде пасихIаб мацI кIалъана,

КIиго малаик вачIун, керен ссун, ракI бахъана.

РакI чурун, бацIцIад гьабун, мугьру чIван, нахъруссана,

ХIалимат гьесда хIинкъун, эбелалде витIана.

Аминат къинай лъугьун, кIиго моцI тамамлъана70,

Мадиналде аралъув ГIабдуллагь эмен хвана.

АхIмад гьавун ункъо сон дуниялалда бана,

Элда хадуй эбел хун, имгIаласухъе ккана.

Тамашалъи, хIикмалъи ХIабибасул хиралъи,

Эбел-эмен гьечIого, адабалда ругьунлъи.

МугIжизатлъун гIеларищ гIадамазе харбие,

ГIадамас малъичIого ятим гIалимлъун ккейи.

КIалалъ, мацIалъ цIар ахIун, рагIалде бахъинаро,

ГIаламалъго хъваниги, хиралъи тIагIинаро.

ХванагIан берцинлъулеб жавгьарул чIитIиргIадин,

Берцинлъула назмаби эсулъ халалъанагIан.

Нилъер гIакълу щолеб бакI гIадан вугилан аби,

ГIаламалъул хирияв авараг вугин аби.

Нужей бокьун батани жужахIалдаса нажат,

ГIишкъуялдалъун битIе аварагасде салат.

Аварагасул (с.гI.в.с.) мугIжизатазул хIакъалъулъ бицунеб бетIер

ГIаламалъул пахрулъи71 вахиндал кIикъойиде,

Авараглъиялъул таж72 борхана бетIералде.

РештIана гьесде Къуръан, аят-аят байинат73,

Загьирлъана эсдаса батIа-батIа мугIжизат.

Баракат бугеб лага тIолго нурлъун лъугьиналъ,

РагIад лъугьунароан, ракь гвангъулаан нуралъ.

Нахъа бугеб жамагIат мугъалда бихьулаан,

Берал кьижун, ракI борчIун, мухIдис лъугьунаран74.

Эсие рагIадалъе тIад накIкI чIун букIунаан,

Киве эв ананиги, цадахъ билълъун унаан.

Маргъалул цаби рихьун, хьимун велъулеб мехалъ,

ГIодобе ккараб рукIен бихьулаан сордоялъ.

Жиндир гьурмал канлъиялъ бакъул нур свинабурав,

Бараб гIетI гIанбар гIадав, гъизалъул махI миск75гIадав.

Жиндир цIихIин квер ккураб, квердаса махI холарев,

Эс квер тIад лъураб лъимер батIа гьабизе лъалев.

Баракат бугеб квералъ чамасдакил гъветI чIана,

ЧIараб сагIат пихъ бижун, гIадамаца кванана.

МоцI гIадаб гьумералъул, гьайбатаб лагаялъул,

Сипат малаикасул, тIабигIат Кьуръаналъул.

Юсуп аварагасул76 сипат цебе къотIидал,

Зулайхал77 руччабаца къотI-къотIун рана кверал.

МухIамадил хIакъикъат букIарабани бихьун,

РакIал къотIун, кверал тун, къадаралде щвелаан.

Авараг (с.гI.в.с.) мигIражалде вахиналъул бицараб бетIер

Нужей бокьун батани МухIамадил шапакъат,

БитIе нужеца эсде гIищкъуялдалъун салат.

Гьанже вачIа гIинтIаме, гIишкъиялъ вухIулев чи,

Мунго ХIабибасдехун гIашикълъун рикIкIунев чи.

Авараглъи кьун хадуб, халикъас эв ахIана,

ХалгIатгун таж, Буракъгун78 Жибрил79 ахIизе щвана.

Маккаялдаса вахъун, Къуддусалде80 жив щведал,

Къуддусалда ратана анбияазул81 рухIал.

Киназго къабул гьавун, Къадирас82 амру гьабун,

Къаси мехалъ как бана, эзий имамлъи гьабун.

ГIаламалъул падишагь ГIарщалде ахIун ана,

ГIарщалъул малайкзаби данде рахъун рачIана.

Алжанул хIурулгIинал хIадурлъун къачIан чIана,

ГIищкъиялъ гIадан холеб гьаракь биччан цIалдана.

Халикъасе хирияв АхIмадихъ балагьизе,

Жидей завжал83 рикьулев Къасим84 вихьун хIалхьезе.

Меседил молодасан мигIражалде85  вахана,

Дир макъам86 лъугIанилан, ЖабрагIил нахъа чIана.

Дагьавги вилълъайилан аварагас абуна,

Турараб палас гIадин, Жибрил вортвортун ана.

Аллагьасул хIалимлъи, ХIабибасул хиралъи,

ХIабибасда бицараб рагIиялъул гьуинлъи.

Лъабкъоялда анцIго как сордо-къоялъ тIад лъуна,

Щуго как хутIизегIан, гьарун тIаса реххана.

Алжан, жужахI бихьана хIургун87 гъилман88 рихьана,

Босен цIоролелдего, тIадвуссун рокъов щвана.

Аллагьасул хIикматал, хIакимасул гъайбатал89,

Анлъазар санал, нухал кигIан хекко тирарал.

Радал тIаде вахъиндал, росу данде ахIана,

Дун авараган абун, живго загьир гьавуна.

МугIжизат загьир гьаби гIадамазе бокьидал,

Къвалакье бакъ-моцI бачун, нугIлъи гьабун халккурал.

Къосарал къурайшаца90 сахIирилан91 абидал,

Авараг вугин абун, гъветIгун жундул рачIарал.

ГамачI кIалъазабеян Абужагьал92 лъугьиндал,

Кодор росарал чIинхал тасбихI гьабун кIалъарал.

МугIжизат гIемерлъана, гIасиял мутIигIлъана,

ГIаламатал тIатана, Абужагьал кантIичIо.

Жидерго ятимасде93 жал руссунищан абун,

Къурайшиял къосана, иблисаб чIухIи гьабун.

АсхIабзабазул имам, умматалъул хирияв,

Абубакар94 тIокIлъана, тIоцебе иман лъурав.

АнцIго сон тIубазегIан иманалде ахIана,

Аллагьас тIовитIарав иманалде вачIана.

Абужагьалил табун95иблисгун данделъана,

Авараг чIвазин абун, къаси рукъ сверун ккуна.

Бичас зодов вачарав ГIиса авараг гIадин,

АхIмад къватIив ворчIана, ракь щван эл кьижизарун.

Абубакарги вачун, Гъару Савралде96 ана,

АхIуд рахъун капурал нохъодул кIалтIе щвана,

ГIанкабутгун97 миккиялъ эсие квербакъана,

Жанив чиго гьечIилан, капурал нахъруссана.

Аварагас (с.гI.в.с.) гьижра гьабиялъул хIакъалъулъ бицараб бетIер

Гьенисан гьижра гьабун98, Мадинаялде ана,

Мадинаялъул агьлу инкар къотIун буссана.

Гьелда хадуб Аллагьас рагъул аят рещтIана,

Диналде инкар ругел гарбал къотIун рехана.

АнцI азар-азар табун иманалде бачIана,

Абужагьалил табун Бадруялда гъурана.

АхIмадий квербакъизе малаикзаби рещтIана,

Маккагун Хайбар99 бахъун, Шамалде100 ирга щвана.

АнцIила лъабго соналъ Мадинаялда чIана,

Щибаб лъазе кколеб жо умматалда малъана.

Авараглъи кьун хадуб къоло лъабго сон бана,

Дур дин камиллъанилан тIасан аят рещтIана.

Лъабкъоялда лъабго сон гIумруялъул тIубана,

Аллагьасухъ гIащикълъун, рухI алжаналде ана.

Маккаялда гьавурав, Мадинаялда вукъарав,

Зиярат гьабурасе шапагIат тIад гьабурав.

Бахьинаб гьумералъул, гьоркьохъеб лагаялъул,

Къурайшил тухумалъул, Гьашимил кьибилалъул.

ХъахIлъиги багIарлъиги данделъараб кьералъул,

ГIабдулагьил МухIамад, хIакъав бичасул Расул.

ХIажалъаби тIуралесул (с.гI.в.с.) балъгоял гIакълабазул хIакъалъулъ бетIер

Дур умматлъун ниж рати нижее давлат гIела,

Дур шаргIалъе лагъзаллъун хьвадилел рукIин гIела.

Аллагь, нижер бетIергьан, гьев ХIабибасе гIоло,

Зоб, ракь жиндий бижарав дур илчиясе гIоло,

Гъапуллъун бер къаларел вализабазе гIоло,

Бадисан магIу тIолел гIашикъзабазе гIоло,

ГIасиял лагъзал ругин, нижер мунагьал чуре,

Мун разиял чагIилъун тIасалъугьун ниж гьаре.

Я Рабби, нижер Бечед, хвалда ритIун ккезаре,

ХIабибасул байрахъгун цадахъ рахъине гьаре.

Хирияв дур АхIмадил шапагIаталде хьул лъун,

Муъминал дир васазул дугIаялде рагъбат101 лъун,

Мавлид данде гьабурав шапагIаталде хьул лъун,

Пакъир ГIумар-хIажие гьабе алжан насиблъун.

Нужей бокьун батани МухIамадил шапагIат,

БитIе нужеца эсде гIищкъуялдалъун салат.

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка, я Расула Аллагьу,

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка, я ХIабиба Аллагьу,

Ас-салату ва-с-саламу гIалайка я саййид ал-аввалин ва-л-ахирин.

МАВЛИДАЛЪУЛ АХИРАЛДА ГЬАБУЛЕБ ДУГIА

АлхIамду лиллагьи ал-лязи лайса би валидин вала мавлудин, ва ас-салату ва ас-саламу гIала саййидина ва набиййина МухIамадин ал-лязи гьува хайру ал-валиди ва ал-мавлуди ва гIала алигьи ва асхIабигьи ал-лазина накъалу риваята ал-валиди ва ал-мавлуди. Аллагьума раббана я раббана такъаббал минна къираата ал-мавлуди аш-Шарифи ва ал-манкъаби ал-муниф, ва баллигъи

Аллагьумма саваба ма къараънагьу ва нура ма талавнагьу гьадийатан мина ила рухIи рухIина ва тIайиби къулубина ва къуррати гIуйунина ва сайидина ва расулина хIазрат МухIамадинил мустафа свалла Аллагьу тагIала гIалайгьи ва саллам ва ила арвахIи джамигIи ал-анбийаи ва ал-мурсалина салаватуллагьи тагIала ва саламугьу гIалайгьим аджмагIин ва ила арвахIи алигьи ва алигьим ва асхIабигьи ва асхIабигьим ризвану Аллагьи тагIала гIалайгьим аджмагIин ва ила арвахIи абаина ва уммагьатина ва ихванина хассатан ва машаихина ва акърибаина гIамматан ва лиман васана би ад-дугIаи ал-хайри ва лиман васайнагьум я архIама ар-рахIимин, ва хассатан ила арвахIи манн мата мин агьли байти сахIиби гьазигьи ал-джамгIийати ал-мубаракати. Аллагьума аджгIал сагIъя сахIиби гьазигьи ал-джамигIати машкуран ва занбагьу магъфуран, ва гIамалагьу макъбулан мабруран.

Аллагьума я рабби биджагьи набийка ал-Мустафа ва расулика ал-Муртаза тIагьгьир къулубана мин кули васфин йубагIгIидуна гIан мушагьадатика ва махаббатика ва амитна гIала ас-суннати ва ал-джамагIати ва аш-шавкъи ила ликъаика ай архIама ар-рахIимин.

Ва саламун гIала ал-мурсалина ва алхIамдулиллагьи раббил гIаламин. Амин. Ал-фатихIат.


МИГIРАЖ АН-НАБИ102

БИССМИЛЛАГЬИ РРАХIМАНИ РАХIИМИ

МигIражалда байбихьун, дица бисмиллагь бахъун,

Макъсудалде103 щвезелъун, алхIамдулиллагь абун,

Хирияв илчиясде104 салат-салам гIарз гьабун,

Агьлу-гьалмагълъиялде Аллагь разилъи битIун,

XIaзpaти105 МухIамадил мигIраж баян гьабизин,

МигIражалда рихьарал гIаламатал цIализин.

Бичас амру гьабуна Жибрил малаикасде,

Алжанул Буракъ рекIун, axIe АхIмад ГIарщалде.

Зобал, алжан, ГIарщгун, Курс106 эсдалъун хиралъизе,

Малаул агIлаялда107 дун эсда гаргадизе.

Аллагьас амру гьабун алжаналъуре индал,

Алжаналъур ратана кIикъоазар буракъал.

Гьезда гъорлъа цо буракь кванай-гьекъей гьечIого,

ГIодилебго чIоларо, ХIабибасухъ рокьи ккун.

ЖабрагIилас абуна, щай мун гIодулебилан,

Гьалмагъзаби гIадинан кин мун кваналаребан?

Буракъалъ жаваб кьуна ЖабрагIиласе данде:

– КIикъоазар сон буго квен щвечIого ракIалде.

«Я, МухIамадан», – абун ахIулеб гьаракь parIyн,

Гьабилеб жо лъаларо, гьесухъ гIищкъу буго ккун.

Алжаналъул нигIматал дие гIадатлъун руго,

ТIасахун алжан буго, жаниса жужахI буго.

Жакъа къоялда жаниб дун эсухъе щвечIони,

ЦIа рекIун инеб буго, ракIалда вихьичIони.

ЖабрагIилас абуна, бицинин дуе рохел,

Мун бачине вачIанин, гьабуге дуца ургъел.

ГIищкъуялъул цIадул цIа лъил кканиги ракIалде,

Бичас эв щвезавила гIащикълъарав чиясде.

Бахъа, билълъа, мун Буракъ, АхIмадихъ балагьизе,

РекIун вачун МухIамад ГIарщалде щвезавизе.

Бохун, кьурдун Буракъалъ бичасе рецц гьабуна,

ЖабрагIилас квелъги ккун, АхIмадихъе бачана.

Авараглъи кьун хадуб анцIго сон бан букIаго,

Льабго моцIги тIубана, итни сордо букIаго.

Ражаб моцIалъул108 къоло анлъабилеб бачIиндал,

КIикъоялда анцIго сон аварагас тIубайдал,

Эб сордоялъ авараг боснив вегун вукIана,

Умагьани абурай яцгIалалъухъ вукIана.

Масжид ул-ХIарамалда109 элъул рукъ цун букIана,

ХIамзатгун110 ЖахIпарида111 гьоркьов вегун вукIана.

Итни сордоялъ ЖабрагIил рештIана гьобол гIадин,

Гъапудухъе112 вачIана рохалил чапар гIадин.

Ялъуни тIохдасахун вахIю гIадин рештIана,

Малаикасе гъапу кисангоги букIуна.

ТIаде лъугьун, милъир хъван, ХIабиб вахъинавуна,

КъваригIел щибан абун АхIмадица гьикъана.

Гьа, бичасул авараг, бичасул салам буго,

Мун ГIаршалде ахIизе къаси дун витIун вуго.

ГIаламалъе рахIматлъун мун илчилъун витIарав,

Аллагьгун гаргадизе къаси мун эс ахIарав.

Гьадинаб давлаталде цоги авараг щвечIо,

ГIарщалде ахIарав чи мун гурони лъугьинчIо.

Къаси дуе гьаб сордо, бищун кIудияб сордо,

Аллагьасул балъгояб хIикмат тIатунеб сордо.

Алжаналъул микьабго гъапу рагьулеб сордо,

Цадахъго гIаламалде рахIматал щвалеб сордо.

Къаси дуца гьабураб дугIа  къабул гьабулеб,

Дуца щиб гьараниги, нахъе чIвай букIунареб.

Вилълъа, вахъа мун, ХIабиб, хIакимасде кIалъазе

ХIикматазул бетIергьан рахъ гьечIого вихьизе.

Лъелго кин вилълъиневан АхIмадица абуна,

ЖабрагIилас квер битIун буракъ бихьизабуна.

ГIурцIмадаса гьитIинаб, xIамидаса кIудияб,

Цо хъахIаб цIакъ берцинаб, сипат гьабун кIолареб.

Гьумер гIадамасулаб, бохдул варанидулаб,

Жал чуялъул гIадинаб, пири гIадин гIедераб,

Алжанул жавгьараца кьили-рохьен къачIараб,

Алжанул хIайван буго бер лъуралъуб хIетI лъолеб.

Буракъалдехун вуссун, халгьабун валагьана,

Лъабкъоялда анцIазар малаикзаби рихьана,

Эзул бутIрул Исрапил113, МикагIилгун114 ГIизраил115,

ХIадурлъун чIун рихьана саламлихъалъе116 жиндир.

Аллагьасе рецц гьабун, тирщун тIаде вахъана,

Замзамалъ117 каки чурун, щукруялъул как бана.

Хирияв илчиясул умматлъун ниж ратидал,

ГIищкъуялда битIизин эсде салат-саламал.

Щуго лъагIараб лъимер авараг вугев мехалъ,

Жибрил, МикагIил рачIун, ракI чурана цо нухалъ.

ЦIиналде ккараб керен ссун ракI рагьун чурана,

КвегIаб бугьнал логода мугьрул унбусат118 чIвана.

КIикъого сон бан хадуб авараглъи бачIана,

Гьебмехалъги Замзамалъ Жибрилас ракI чурана.

Лъабабизеги чурун мигIражалъул сордоялъ,

Меседил тIарс цIун бачIун, цIуна керен гIелмуялъ.

БетIералда таж лъуна, тIад халгIатги ретIана,

КъватIив лъугьун, салам кьун, малаикзаби рохана.

ЖабрагIил малаикас буракъалъул квелъ ккуна,

МикагIилас узденг ккун, Исрапилас къварцI ккуна,

Исрапилас жалги ккун, АхIмад рекIунеб мехалъ,

Буракъ сорозе лълъвана, – МухIамадил гьайбалъи.

ГIаламалъул пахрулъи тIад рекIине бокьидал,

Кьуркьудизе нечечIищ аварагас абидал,

Буракъ данде кIалъана: чIеларилан рекIине

ШапагIат гьабиялъе къотIи гьабун гурони.

ШапагIат къотIи гьабун, АхIмад тIаде вахана,

ЖабрагIилас квелъги ккун, дагIваталда рахъана.

Маккаялдаса вахъун, Мадинаялде щвана,

Гьижраталъул ракь абун, кIиго ракагIат бана.

Бер щваралъуб хIетI лъолеб, Буракъалдаги рекIун,

ШугIайбил Мадайналда как бана, нахъго рещтIун.

Цинги Аллагь кIалъараб ТIур Синаялда бана,

Цинги ГIиса гьавурав Байта ЛахIмалда бана.

Жиндие зияналъе цIагун ГIиприт бачIана,

Жибрилас дугIа малъун, ГIиприт гьалаглъун хвана.

Гьениса рилълъун хадуб, цо гIадамал рихьана,

Хур лъилъарабщинахъе нахъасан хур бачIуна.

Гъазизабазул мисал, гьедин тIокIлъун, бихьана,

ПиргIаница юхIарай Машидатил махI чIвана.

Как таралги рихьана, бутIрул гIарчалъ кьабула.

ЗакагIат бахъичIелги цIадул цIваби кваналел.

Зина гьабурал чагIи хьордол балканал кунел,

ЛъикIлъи гьабизе течIел, заз хIунчун, чIичIидулел,

ГIамал гьечIев вагIзачи кIукьмахалъ мацI къотIулев,

Аманат тIибитIичIев мугъалъ магьал раччулев.

Риба кванарал чагIи, цIа рекIун, гIергIедулел.

Риба кагътилъ гьечIилан чIинкIилзабаз абула,

Хиянат, бугьтан ккарал, керен-гьумер бетIулел.

Квешаб рагIи абурав, ворчIи тIалаб гьабулев.

ЖугьутIазул дагIватчи, МухIамадан ахIдана,

Илбисгун, эрмениял, мисал лъугьун, кIалъана.

Дунял, ахирлъи лъазе, херай чIужу гIадинан,

Гьезие жаваб кьечIо, уммат къосинебилан.

ГурхIарав МухIамадил умматлъун нилъ ратидал,

БитIизин гIищкъуялда эсде салат-саламал.

Байтул-Мукъаддасалде бер къапизегIан щвана,

Жибрилас гамачI борлъун, Буракъ элда бухьана.

Бисмиллагь абун, АхIмад Акъсаялде лъугьиндал,

Масжидалъулъ ратана аварагазул рухIал.

Масжидалъул бащдаб цIун малайкзаби ратана.

Киназего салам кьун, эзги буссинабуна.

Илчизабазул илчи авараг вукIин лъазе,

Кинабго гIаламалъул имам вукIин вихьизе,

ЖабрагIил будун гьавун, гьардарас амру гьабун,

КIиго ракагIат бана, эзий имамлъи гьабун.

Цинги аварагасе гьекъолеб жо бачIана,

КIиго истакан цIун, ЖабрагIилас бачIана.

Цояб рахьдал, цо жадул, кIиябго цебе ккуна,

Жа жибго тун, рахь гьекъон, тIинда дагьаб хутIана.

ЖабрагIилас баркана, уммат битIун кканилан,

Жа гьекъарабанани, мекъса ккелаанила.

Гьекъон букIарабани тIолго рахь тIагIинегIан,

Умматалъул чиясда жужахI бихьилароан.

Нахъго гьекъезе кьеян АхIмадица гьарана,

Къадар гьадин бугилан, ЖабрагIил нахъе ана.

Уммат къосинебилан, алжанул жа гьекъечIо,

Гьесул умматлъун ратун, жа гьекъей цIакъ рекъечIо.

ГурхIарав ХIабибасул умматлъун нилъ ратидал,

БитIизин щавкъалдалъун эсде салат-саламал.

Масжидул Акъсаялда Сахратуллагьалдасан119,

Жибрил зодов ахIдана, мигIраж рещтIинабиян.

Пирдавсалда жаниса ИсмагIил малаикас

Мали рещтIинабуна, амру гьабун Аллагьас.

МигIраж абураб мали цояб рахъ якъуталъул,

Цояб рахъ жавгьаралъул, гIучIал гIарцул-меседил.

МигIражалъул тIогьиб рахъ Пирдавусалда бана,

Гъоркьияб рахъ абуни, Сахраталда тIад лъуна.

РухI бахъараб мехаца муъминзабазул рухIал,

Гьеб малиялъги рахун, ГIилийиналде унел.

Малайкзабазул боял кIиябго рахъалъан чIун,

Аварагзабазул бо лъелго хадубги гьабун,

Тахида чIезе унев Сулайман гIадин вилълъун,

Ялъуни Буракъ рекIун, ЖабрагIилас квелъги ккун,

Саламлихъалъе унев гIусмани хункар гIадин,

Авараг вахун ана бечед вихьизе гьедин.

Пирхараб пири гIадин, зобаладе жал щвана,

ЖабрагIилас хабар кьун, зоб рагьизе гьабуна.

ГIилийиналде унел зуритаталда вохун,

Сижиналдехун унел квешалада пашманлъун,

ТIоцебесеб гъапудахъ Адам авараг ватун,

Хошгелди, дир вас абун, вахана икрам гьабун.

КIиабилеб зобалда кIиго вацгIал ватана.

ЯхIя, ГIиса авараг – гьезги дугIа гьабуна.

Лъабабилеб зобалда берцинав Юсуп ватун,

Гьесги икрам гьабуна, цоцазул хIалги гьикъун.

Ункъабилеб зобалда Идрис авараг ватун,

Гьесги кIодо гьавуна, цоцазул кверги босун.

Щуабилеб зобалда, цIиналде щун мегежгун,

Гьарун авараг ватун, кIалъана кIодо гьавун.

Анлъабилеб зобалда Калимуллагь ватана,

ТIолго умматгун цадахъ эсги мигIраж борхана.

Анкьабилеб зобалда Халилуллагь ватана,

МагIмуралда мугъги чIван, эс васият гьабуна.

Салам бице дидасан дуца дур умматалда,

Алжан цIакъаб рукъ бугин, цIакъ бахе абе эзда.

Нилъедасан жиндаги салам лъеяв Ибрагьим,

МархIаба, дир вас, абун гьабуна цIакъго икрам.

Байтул МагIмур абулеб КагIбаялда данд битIун

Элда тIавап гьабулел малаикзаби рихьун,

Анкьабго зоб цIун ругел малайкзаби рачIана,

ХIатIида убач гьабун, баркат тIалаб гьабуна.

Алжанул хIурулгIинал хIадурлъун къачIан чIана,

ХIетI лъуралъуб бутIрул лъун, чIухIун рохун цIалдана.

Алжаналъул микьабго гъапудахъан лъугьана,

Кинабго жаниб бугеб агьлу, нигIмат бихьана.

Бищун гIемераб уммат алжаналъуб батидал,

Бичасе щукру гьабун, Пирдавсалда как бана.

Гьениса къватIив лъугьун, цогидаб бо гьениб тун,

Сидраталде жив щвана, Жибрил далиллъунги  ккун.

Сидрат-ул-мунтагьаян Къуръаналда рехсараб,

Жибриласул чIолеб бакI буго гьеб бакI тIагIараб.

ЖабрагIилас абуна, дир макъам лъугIанилан,

Дуе далил кIваричIо, гьанже мунго айилан.

Гьаб бакIалдаса цебе цохIо килищ босани,

ЦIадаб тIухьи гIадинан, дун вуго виун инев.

Гьаниса цеве ани, дур черхалда хаслъана,

Халкъалдаса дур тIокIлъи тIолгоязда тIатана.

Халкъалдасаго тIокIав ТIагьал уммат ратидал,

ГIищкъуялдалъун битIе эсде салат-саламал.

Жибрилгун гаргадилев цо дагьав чIун вукIана,

«Рапрап» абун тах бачIун, салам кьун, тIад рекIана.

ГIаршалде щвараб мехалъ, цо тажалий лъугьана,

Гьуинаб цо жо къулчIун, балъгояб гIелму лъана.

ЛавхIул махIпуз тIолго лъан, ракIалда накъишлъана,

Къадар хъвалел къаламал, эзул хинтIи рагIана.

ГIарщги Курсги жибго тун, Кабакъавсалде щвана,

ГIатIги бутIги гIадинан, бичасде гIагарлъана.

Макъам лъугIун чIайилан, цо ишарат лъугьана,

АттахIияту цIалун, бичасе рецц гьабуна.

Гьаракь рагIи гьечIогун, хIарпгун цо рахъ гьечIогун,

Аллагь эсде кIалъана, щибго щаклъи гьечIогун.

Ахираталъул рокъов муъминзабазда гIадин,

Аллагь вихьун, хIалхьана кинабго рахъалдасан.

Ворея, дир диналъул вац, дуда ракIалде ккоге,

Аллагь ГIарщалдайилан хиялалде биччаге.

Къуръаналда рехсараб гIагарлъиялъул магIна,

Хиралъи, тIокIлъи абун, тавил гьабун букIана.

ЧчугIил чохьонив вугев Юнусгун гаргадарав,

ТIурисиналде вачун, Мусагун гаргадарав,

Байтул Мукъадасалда ГIисагун гаргадарав,

Зоб-ракьалъул малакувт Халилие рагьарав,

Хасго ГIарщалде вачIун, АхIмадгун гаргадарав,

Заман, макан гьечIого, живго вихьизавурав.

ТIадегIанав Бичасе ГIарщги ТахIтассарайги,

Расги батIалъи гьечIо, хIадур вуго кивгоги.

ТIадегIанав БетIергьан АхIмадида вихьана,

Муса авараг гIадин, лъавудаса ун ккана.

Цо дагьаб мехалдасан Бичас вигьинавуна,

РакIалъе къуватги кьун, Бечедгун гаргадана.

АнцIила кIиазарго рагIи абун гьардана,

Мун дир ХIабиб вугилан, Аллагьас салам кьуна.

Кинабго гIаламалъе цIоб ХIабибас гьарана,

Умматалъе шапагIат Бичас къабул гьабуна.

Малаул агIлаялъго шагьадатлъи битIана,

Зобалазул агьлуялъ салат-салам битIана.

КIикъоялда анцIго как сордо-къоялъ тIад лъуна,

Анлъабилеб зобалде Калиймасухъе щвана.

КIикъоялда анцIго как тIад лъей Мусада лъана.

Бигьа гьаби гьареян, АхIмад нахъе витIана.

Авараг ГIарщалде ун, бигьа гьаби гьарана,

Щуго как тIаса рехун, нахъго Мусахъе щвана.

Умматалда баччизе захIмалъилилан абун,

Нахъоги нахъ витIана, бигьа гьабеян абун.

Гьаб куцалда тIатIала Аллагьасухъе ана,

Щуго как хутIизегIан, гьарун тIаса рехана.

Зоб-ракьалда бихьичIеб гIаламат хутIичIого,

Вахараб нухалдасан рештIана эхIединго.

Буракъалда тIад рекIун, Къуддусалдаса вахъун,

Босен цIоролалдего, рокъов щвана тIадвуссун.

Маккаялъул ХIарам мажгиталдаса Ал-ГIакса мажгиталде къаси Жиндирго лагъ вачарасе рецц буго.

ГIажаибал, хIикматал, хIакимасул балъгоял,

Анлъазар сонил нухал кигIан хекко тирарал?

Хирияв ХIабибасул умматлъун нилъ ратидал,

БитIизин щавкъалдалъун эсде салат-саламал.

Щибаб рецц Аллагьасе, мигIраж бигьа гьабурав,

Заманаялда жаниб заман жинца бижарав.

Радал тIаде вахъана, росу данде ахIана,

МигIражалда лъугьарал гIаламатал рицана.

Абужагьалил къавмалъ махсараде эв ккуна,

Жундуцаги, лъанилан, росулъ гIакIа ахIана.

Иман лъун рукIаралцин цодагьал щакдарана,

Абубакарил иман дагьабги цIакъ цIикIкIана.

Аллагьасул хIалкIолъи дица битIухъ гьабуна,

Гьаб гьезда гъорлъа цоян, Абубакар кIалъана.

Сидикъида нахърилълъун, муъминзаби руссана,

Мунапикъгун капураз элда инкар гьабуна.

Мажнун кIалъазавеян Абужагьал вачIана,

Байтул-Мукъаддасалъул масжид гьесда гьикъана.

Аллагьасул къудраталъ Къубайсалде бачIана,

Акъсаялъул гъапуби цо-цоккун рикIкIун кьуна.

Маккаялъул къапила Шамалде ун букIана,

Эл рихьанищан абун, хIалбихьизе гьикъана.

Эл рихьун, эзул хIалтIи тIокIкIинабун бицана,

АрбагI къоялъ рокъоре щвелайилан абуна.

АрбагI къоялъ къалъуда ТангIималде чи витIун,

Къапила чIезабуна, АхIмад гьереси гьавун.

Бакъ тIерхьун сагIат бана, цинги къапила щвана,

Аллагьасул къудраталъ бакъ баккиги бихьана.

Къапилаялъ абухъе, АхIмад витIун гьавуна,

МухIамадица кьураб салам рагIи бицана.

Аллагьас бахьи кьурал иманалде рачIана,

Бахьи къосараб къавмалъ, къварилъи цIакъ гьабуна.

ХIабаш улкаялдехун цояз гьижра гьабуна,

Мадинаялдехунги цо тамуналъ гьабуна.

ТIарамагъада гьижра аварагас гьабуна,

Гьижра гьабун хадуса эсул гуч билълъанхъана.

Къуръан-ХIадисги цIалун, хIажатабщинаб бицун,

Равзаялда рештIана, рухI бичасухъ гIащикълъун.

Гьесул лага бегараб Равзаялъул ракьалда,

КагIба, алжан, ГIарщгун, Курс урхъана гьеб бакIалда.

Цинги салатгун салам хирияв Сидикъида,

Эсда хадув хирияв ГIумар ал-Парукъида.

АхIмадил кIиябго нур бачарав ГIусманида,

Эсда хадуб хирияв ГIали Муртазайида.

Мунагьал чуриялъе мадаралъе букIине,

МигIраж данде гьабурав ГIумар-Зияуддине,

Жинда Аллагь разилъун, аварагас квер кквейги,

ПатихIа тIамурасе алжан насиб гьабеги.

Аллагьас рижаразда гьоркьоса бищунго лъикIасул (с.гI.в.с.) мигIражалъул хIакъалъулъ хабар лъугIана.

МУГIЖИЗАТ АН-НАБИ120

БИССМИЛЛАГЬИ РРАХIМАНИ РАХIИМИ

«Мавлидгун» «МигIражалда» рехсечIел мугIжизатал,

Нужер гIишкъу цIикIкIине, рехсезин дица дагьал.

Жиндирго цIаргун цадахъ Аллагьас цIар рехсарав,

Инсудаса инсуде жиндир нур накълулъарав,

Киналго илчазабаз жиндир рохел бицарав,

Тавратгун Инжилалда жиндир хиралъи хъварав,

СатIихIул Кагьиница121кагътал хьвадизаруна,

Кинавго кашишасда АхIмад ургьив лъей лъана.

Жавгьарул садап гIадин, Аминат хIамиллъана,

Эбелалъул ургьивго гьечIев гIадин тIутIлъана.

Авараг гьавилалде кIикъого къо букIана,

АсхIабул пилал  рачIун, абабилаз гъурана122.

АхIмад гьавунин абун, тIасан жундул ахIдана,

ТIад гьетIарал цIвабзаца рукъ гвангъизе гьабуна.

ГIиса авараг гIадин, гьевгунги гаргадана,

Гьесул кини кIибикIун, малакгун, хIур чIухIана.

Кинида килищ битIун, моцI гьаргьазе гьабуна,

Эбелалда ургьивго гIакълуялда вукIана.

МоцI хъвалхьине ишанлъун, ункъцIулго ракI хъвалхьана,

БацIцIалъун нур, гIелму цIун, Аллагь вихьи хIехьана.

ХIажарул Асвад лъезе хIакамлъун эв гьавуна,

ТIансаялда тIадги лъун, тIолгояца ворхана.

Хадижатил базаралъ123 Шамалде ун вукIана,

НакIкIалъ, гъветIалъ рагIад бан, Бухайрида эв лъана.

Хазина буголъи  лъан, Хадижат эси ана,

Жабалул ХIираалда124 Жибрил эсда вихьана.

ЛъабцIулго къвалакье къан, Икъраъ сурат цIалана,

Хадижатихъе кIанцIун, хIинкъун боснив вахчана.

Мудаширгун Музаммил рештIун, тIаде вахъана,

ТIолго хIинкъи тIаса ун, аваргалъи тIатана.

Абубакаргун ГIумар, ГIусман, ГIали журана,

Къойилго Къуръан рештIун, мугIжизат загьирлъана.

ТIолго черх нурлъун лъугьун, рагIад лъугьунароан,

Эв гъоркь чIараб гъветIалъул рагIад цIакъ цIикIкIунаан.

Гъиз гьабураб мехаца, хекко ракьулъ кIкIунаан,

ГьакIкIадизе кидаго гьесде бачIунароан.

НацI, чIетI, тIигьа, тIутI, кIкIара гьесда тIад чIолароан,

ГIумруялъ чуричIони, ретIел гъизунароан.

Хьимун гIадин гурони кидаго велъанхъичIо,

Умматалда ракI гурхIун, магIу гьесул бакъвачIо.

ХIацIу щварал чагIада мискалъул махI бахъана,

АсхIабзабаз эсул гIетI гIанбар гIадин цIунана.   

ХIацIуялъ цIамгIалаб лъим гьуинлъизе гьабуна,

Хахаразе гьоцIолъун унтаралги руссана.

Халатав аскIов чIани, эвги халалъулаан,

Илчилъиялъул мугьру киназго цIалулаан.

Цо анкь бараб лъимада дун щив чиян гьикъана,

Расулуллагь вугилан лъимер данде кIалъана.

Кир чIаниги хIатIазул лъалкIго лъугьунароан,

Цо-цо мехалъ ганчIида хIатIил куц бахъулаан.

КагIбаялда данд витIун, дугIа жинца гьабуна,

КагIбаялъ амин бачун, кинадаго рагIана.

Кинабго балъгояб жо баян гьабун бицараб,

Къуръан жинде рештIана пасихIзаби мукIураб.

Гьел мугIжизатал рихьун, асхIабзаби божана,

Абужагьалил къавмал, жахIдалъун, инкар ккуна.

Эсий къварилъиялъе къотIуе кагъат хъвана,

Кагъат хIарбица квана, хъварасул гъеж бакъвана.

БотIрода гамачI лъезе Абужагьал вачIана,

Аздагьодал суратгун Жибрил вихьун лъутана.

Эс Абужагьалихъа Кагьталил125 хIакъ бахъана,

ХIираъ мегIер багъарун, мал кьабун чIезабуна.

ХIамалат ул-ХIатIабги гамачI босун ячIана,

ЖабрагIилас кваркьи ккун, вихьичIо, нахъюссана.

Щуго капурчиясе квешаб дугIа гьабуна,

Цо-цо балагь тIаде щун, тIатIалаго тIагIана.

Арбад абурав малгIун, пири речIчIун, вукIана,

Абужагьалил ГIутбат хъурмаца тIутIун ана.

ТIаипалде инаго, roxI-щобалъ салам кьуна,

ГIалхул хIайванал рачIун, хIатIида ккун гIодана.

РухI гьечIеб гамачI-цIулалъ пасихIаб мацI кIалъана,

ПасихIал къурайшазул къосун мацIал цIорона.

Нусиречгун миккиялъ эв жаниве вачана,

ЖужахI кьеял капураз къватIив кIанцIизавуна.

Нохъодул борхьаз хIанчIун, Абубакар угьдана,

ГьабсагIат хIацIцIу бахун, эв лъикIлъизе гьавуна.

Хадув лъугьун Суракъат жив кквезе тIаде щвана,

РекIараб чу ракьалъ ккун, иман лъун, нахъвуссана126.

Лъабкъого рекIаравгун Бурайдатги гIунтIана,

МугIжизатал рихьидал, иман лъун, гьалмагълъана.

МагIбадил127 эбелалъул хIораб лемаг батана,

ХIалиматил гIи гIадин, рахьдал гIорал чвахана128.

Мадинаялъул агьлу данде бахъун бачIана,

Дир бакIалда рештIаян цоцалъ эл къацандана.

Варанидал квелъ биччан, кавудахъан лъугьана,

Абу Аюбил рагьтIа чанкIкIун гIодоб букIана.

Анкьнусго сон цебеккун ТубагI шагьас битIараб

Кагъат Аюбихъ букIин ЖабрагIилас бицараб.

Салман тархъан тарасе меседил гьорчо кьуна,

ГIуржунил лъабнусго гъветI гъун хурма базабуна.

ДаручагIи гIажизав чан чи вуссинавичIев,

ХIакимасе хIажалъи ХIижазалда хутIичIо.

Мадинаялъул улка алжан гIадин лъугьана,

Анлъго соналъ ракъул сон Маккаялде бачIана.

Нахъеги нечечIогун цIад гьарун эл рачана,

ДугIаялъ цIад гIемер бан, нахъго къотIизабуна.

Бадруялда гъурилел чагIазул бакI бицана,

Цо хъат цIун щвараб ракьалъ лъабазар чи бецлъана.

ГIукашатгун ГIабдуллагь хвалчен бекун рачIана,

Цо-цо тIил кодобе кьун, хвалчен лъугьун рагъана.

АррахIман цIалулаго, хъат кьабун гIин лъукъарав,

Абужагьлил бетIергун ибну МасгIуд вачIарав.

Абужагьал чIвалаго, МугIазил129 гъеж къотIана,

КъотIун тIомалда бараб эб рекIине гьабуна.

Гьурмалъ биччун квер бахъун, ГIабидил цIа  хъахIлъана,

Рагъда чIварав кIиго чи дугIаялъ чIаголъана.

УхIудалда АхIмадий сонгрое ТIалхIат чIвана,

Лъабкъого лъураб ругъун эсул буссинабуна.

УхIудалда бер бортун, бахIаралда барахщун,

Къотадатил бер гъуна, алжанул рохел бицун.

Гьесдалъун щвараб чIоралъ Убаюе гIезабун,

ГIадамада сурана, гIака гIадин гIергIедун.

АхIмадил УхIудалда цо ца шагьид гьабуна130,

Хирияб гьумер, бетIер, килищ бидулъ белъана.

Кинниги тIолго уммат гьалаглъиларо абун,

ГIодобе тIинкIичIого тIарс ккуна, Жибрил вачIун.

Умматалъул хIалбихьи хIалим къварилъун ккечIо,

Жагьилаб гьеб къавмалъе квешаб дугIа гьабичIо.

Ракъун, къечон, къо бухIун, боял жинхъе рачIана,

АнцIабго килщидаса Кавсарул ицц баккана.

Цо тIутI цIураб квеналде тIаде дугIа гьабуна,

ТIолгоязе сурсат гIун, хIайваназеги бана.

МагIида ярагъги бан, гъотIокь вегун вукIана,

Тохлъукье ярагъги щун, ДагIшур тIаде кIанцIана.

Гьанже гавур чIелеван жуварав гIарабияв,

Жибрилас каранлъ зар бан, аман гьарун вуссуна.

МаслагIаталъе гIоло цо росулъ чIун вукIана,

ТIохдасан гамачI рехун, чIвазе къачIарал лъана.

Хайбаралде жугьутIай кьегIер белъун ячIана,

Дида загьру бугилан, махIу данде кIалъана.

Цодагьаб кIалдиб лъурав асхIаб гьеб сагIат хвана,

Эсие къисасалъе жугьутIай Зайнаб чIвана131.

Хайбар бахъулеб къоялъ ГIалил берал унтана,

ХIацIу бахун, лъикI гьарун, кодобе байрахъ кьуна.

ГIалица каву баччун, как базе бакъ нахъ буссин,

Гьеб уяб жо батани, эбги эсул баркатин.

Зулпукъаралъул харбал Хажараца рижарал,

РехсечIо дица гьанир, гьересиял жаллъидал.

КъулагIузаби рештIун, сихIру батIул гьабуна,

Квешлъи ракIалде ккарал шуршуди эсда лъана.

АхIмад ахIун, квен бежи жидее сабаблъана,

Жабирил кIиявго вас коронив ккун рухIана.

Коронир ккун, лахI гIадин, хварал лъимал рукIана,

ГьебсагIат дугIа гьабун, бичас чIаго гьаруна.

ХутIма гьабулеб мехалъ, тIаде чIвалеб гIансаялъ,

ГIигун гьаракь гьабидал, букъана мигIбаралъулъ.

Бадругун Хандакъалда, УхIуд ХIунайниялда,

Малайкзаби рештIана Маккагун Хайбаралда.

ХазагIатилал чIвалеб сордоялъ эсда лъана,

Ццин буссилъун ахIараб, лабайк эзда рагIана.

Маккаялде битIараб ХIатIибил кагъат лъана,

КагIба рукъалъул хъанчал, ишан гьабун рортана.

Макка бахъулеб мехалъ лъугьарал мугIжизатал

ГIали-апандиясул132 назмуялда рехсарал.

Дуниял тIагIинегIан лъугьинеб жо бицана,

Щибаб мехалъ бицухъе бицараб жо лъугьана.

Цо моцIалъул нухалда цIарил тушман хIинкъана,

ЦIар бугел багьадурал гьарун кверде рачIана.

Бокьаралъуб как базе тIолго ракь масжидлъана,

Лъим гIузруяв чиясе таяммум дуруслъана.

Цо абураб рагIиялъ гIемераб магIна кьуна,

Цогидазе бегьичIеб давла эсий бегьана.

Къиямасеб къояца тIоцеве тIад вахъунев,

ТIаде вахъаравщинав шапагIатан кIанцIулев.

Квен кваналеб мехаца квеналъ тасбихI гьабуна,

КагIбаялде инаго, жундул руссун, веццана.

Вахъун тIагIат гьабиялъ, гьорон хIатIал гIодона,

Воржине гурин абун, чехьалда къоно чIвана.

МугIрул месед лъугьине гIарза кьун къабуллъичIо,

ХвечIого вукIинецин ихтияр кьун бокьичIо.

Насранияз ГIисаде гIадин Аллагь абуге,

Цойги дуйго бокьараб нахъеккун сипат тоге.

Дица назму гьабичIо авараг веццизелъун,

Дирго рагIи беццула МахIмуд рехсеялдалъун.

Эсие рецц гьабизе Кьуръаналъ бакIго течIо,

Халикъас веццун хадуб, халкъалъе бакI хутIичIо.

АлхIамдулиллагь, бечед, щибаб рецц дуе буго,

Гьесул умматлъун ратун, ниж хира гьарун руго.

МухIамадил мугIжизат тартибалда рицарав,

Щар чIван бахъун каманах магIарулазе кьурав,

Миякьоса ГIадул вас ГIумар-Зияудинил

Дуца мунагьал чуре эсулгун эбел-инсул.

Тана. Рецц Аллагьасе.

КЪИСА АЛ-АЖИР133

ГIенеккея, вацал, къиса бицинин

Сун ккарал ракIазе вагIзалъун чIезе.

ГIинтIамея Аллагь, аварагасде,

Сабругин балагьал хIехьезе кIвезе.

Ракъи хIехьолесде, хIелму бугесде,

ХIелмугин адабал нилъейго щвезе.

ХIелму бергьарасде, балагь ккарасде,

Балагьал кIочон тун, къосунгутIизе.

Дунялалъул балагь рахIатлъун ккурав

РахIматасул нигIмат бикьизе щвезе.

Бокьарабщинаб жо нахъе рехарав,

Нахъияб рахъалъул кверщел босизе.

Кинабго хиралъи жиндихъе кьурав,

Жив вокьанщиназе шапагIат щвезе.

Цо къоялъ авараг ПатIиматихъе

Зияраталъ ана ясалде щвезе.

Ракъи бергьун букIун, хIал хисун букIун,

ПатIимат лъугьана загьир гьабизе.

Ва, бичасул ХIабиб, хIелму бугев хан,

КигIан ничаниги дуда бицинин,

Лъабго къо бан буго ниж кваначIого,

Щиб жодай гьабилеб, кIоларин чIезе?

Гьеб мехалъ Расулас горде борхана,

Чехьалда бухьараб къоно бихьана.

Лъабгоялъ кваначIел нуж ругониги,

Дирги ункъо буго, щукру гьабизин.

Гьеб мехаца ХIабиб къватIив вахъана,

ХIасан, ХIусенилги134 ургъел гьабизе.

Свердун къватIада, хъулухъ балагьун,

ЦIехана мустажир135 хIалтIизе кквезе.

Вихьана ТIагьада136 цо гIарабияв,

Рухьенал къачIалев лъеде регьизе.

Вилълъана авараг гIарабиясде,

Къасд гьабулародай хIалтIизе кквезе.

– Я, гьав гIарабияв ажир137 кколарищ?

ГьечIищ дуда аскIоб хIалтIи дий кьезе?

– Буго дуе хIалтIи, дуда лъанани,

Дур хIалги кIванани, тIубазабизе.

ЛъачIо гьев чиясда авараг вукIин,

Досийги бокьичIо гьесда бицине.

Кьуна гIарабияс ХIабибихъе гел

Жиндир гъуялъуса лъим къватIиб цIазе.

КъотIи щулалъигун, гел кодоб кьейгун,

Цо лъабго чамасдак кьуна кваназе.

Кванана Расулас гьеб лъабабгоги,

Дагьабниги ракъул хIал нахъ бекизе.

ХIалтIизе лъугьана гьанже авараг,

Гъуялъуб гел бегьун, лъим къватIиб цIазе.

Къоло ункъо тамру138 кодобеги кьун,

Айин гьанже мунан гьабуна лъазе.

Гьеб мехалъ гъоб рухьен борчIун бачIана,

РикIкIун цо микьго гел бахъараб мехалъ.

Гел жаниб хутIана, гьав хIайранлъана,

ХIисабалда чIана къватIиб бахъизе.

ГIарабияв щвана жан ХIабибихъе,

Квешго ццимги бахъун, гьесде вагъизе.

Гел жаниб бихьидал, гьев къварилъана,

КIолеб гьечIин дуда къотIи тIубазе.

Гьурмада хъат бала, къварид гьавула.

КъотIи тIубачIезе бугеб гьеб жаза.

Жиндир нуралдаса бакъ-моцI бижарав,

ГIайибан кин ккечIеб гьурмалъ кьабизе.

Къоло анкьго тамру кодобеги кьун,

Айин гьанже мунан гьабуна лъазе.

Гьеб мехалъ гъоб рухьен борхун бачIана,

Жиб хирияб квералъ къватIиб бахъизе.

Бегьана Мухтарас берцинаб тамин139,

КъватIиб гелги бахъун, жив загьирлъана.

Ма, гIарабиявин, ишара гьабун,

Рехун биччан тана досда бихьизе.

ГIарабияв тана гъуялда аскIов,

Авараг вилълъана тамру бикьизе.

Авараг ун хадуб цо сагIаталде,

ЧIана гIарабияв хIисаб гьабизе.

Берцинаб гьурмадул хIисабги гьабун,

Гьеб гIаламаталда пикру гьабуна.

Цинги лъана гьесда авараг вукIин,

Ккана ургъалилъе, кIвечIо хIехьезе.

Аллагьан ахIдана, гьабуна тавбу,

Гьанже чIвачIадана тIаса рехизе.

Босана кодоб нус, ккуна чархитIа,

ХIабибасда хъвараб тамин къотIизе.

Лъуна гьоркъ таминги, кьабуна тIад нус,

Рищудалъан бана хехго къотIизе.

ГIарабияв ккана кIотун гьурмада,

Гьай аман, дов гIадан тIасалъугьине.

Гьенир тIаде щвана гьесда рихьарал,

Гьурмаде лъим щвана вигьинавизе.

Вигьун ккун гьикъана гьаб балагь щибан,

Ккараб гIайиб щибан гьаб квер къотIизе?

Цо инсанасда хъат кьабун букIана,

Авараг ватидал, ккана хIинкъизе.

КъотIана таминги, гьабуна тагIзир140,

Гьанже мун хIакълъанин къисас босизе.

Жиндирго квегIалъ кваранаб кверги ккун,

Уна гIарабияв гьесда бихьизе.

Гьесул масжидалда аскIовго вукIун,

АхIдана гьев гIадан жанив рагъиде:

– Я, асхIабал, наби141, вугищ авараг?

Ккун бугин къваригIел гьесда бицине.

Жаваб гьабунила асхIабзабаца

Жанив вачIайилан, ругин жал рази.

Кинго гIарабияв жанив лъугъинчIо,

ХIабиб ватичIилан хъулухъ тIубазе.

Цо асхIаб вахъана гьезда гьоркьоса

Салманин цIар бугев, гьев чи вихьизе.

Салманица квер ккун, ана кIиявго,

ПатIиматил рокъов щвезе гьавизе.

Гьебмехаца Мухтар142, дов Хайрулаам143,

Лъугьанщинаб бицун, керен чучизе,

Батулида144 аскIов гIодовги вукIун,

Жинда бихьанщинаб къиса бицана.

Къваридаб рекIее таслияталъе145,

Тамруги цебе бан, ригьинаризе.

Кваранаб мачIчIалда ХIасан чIезавун,

Бек-бекун чамасдак кваназабизе.

Эб мехалъ ахIдана дов гIарабияв:

«Я, МухIамад», – абун. ХIажалъи лъазе

ХIабибас ясалда амру гьабуна,

Якке къватIийилан, гьев щив цIехезе.

Юссана ПатIимат хеккого нахъе,

Гьесул бугеб сурат гьесда бицине.

Жиндир квегIаб квералъ кваранабги ккун,

ВачIун вуго цо чи дуй зигардизе.

Жиндир кваранаб тIасаги къотIун,

Къварилъи бугилан лъазе гьабизе.

Бида чвахилаго, чараги тIагIун,

Чорхол ияхI тIагIун духъе кIанцIизе.

Гьебмехалъ вахъана гьев Хайрулаам,

Вихьигун гIодана загьип гьавизе.

МухIамад ахIана, гIузpy бачана,

Дида мун лъачIилан адаб гьабизе.

Дуе лъугьараб щиб, квер щай къотIараб?–  

ТIалабги гьабуна гьев жинда лъазе.

– Дунги вуго, ХIабиб, дов дур мустажир,

КIанцIана дун духъе rIyзpy бицине.

ГIузру къабул гьабе, къварилъуге мун,

КъваригIанин мун дий, аскIов вегьизе.

Гьаб кверги къотIана, къварилъи ккана,

Къваридаб къояца батунгутIизе.

Валлагьи, авараг, ракIазул мурад,

Дур гьурмада хъвараб квер тIад букIине,

Дир напс къабуллъичIо, ракI разилъичIо,

РекIей бокьичIо мун пашманго тезе.

Дида мун лъан хадуб, я Расулуллагь,

ЦIакъ гIайиблъун ккана къварид гьавизе.

Мун авараг вукIин загьирлъун хадуб,

ЗахIмалъана рекIей хIалтIизе кквезе.

Авараглъиялде ургъаравани,

Тавпикъ кьурабани цебего лъазе,

Кодобе квер босун, саламги гьабун,

Дуда кодосан дун бусурманлъизе.

ХIалтIизени, Расул, кин мун тIамулев,

Мун дихъе кин щолев ажирлъун кквезе?

Насаб къурайшияв, ГIадамияв вас,

Дунго вугин чIвазе, хIадд тIасе ккезе.

ЧIвай захIмат гьечIо, рухI хира буго,

ЦIакъ ламусги вуго цеве вачIине.

Кинниги, авараг, унти цIакъ буго,

Бегьиларищ, ХIабиб, тIасалъугьине.

Гьаб дир кверзул унти тIасаги босун,

КIоларищ, авараг, тархъан гьавизе?

РекIел гурхIел цIакъав гьев ХIабибуллагь,

Валагьана гьесде, ккана гурхIизе.

ХIелмуги бергьарав бичасул Расул,

ХIисаб гьабунила тIасалъугьине.

ГурхIел цебе биччан, ццим нахъе бахъун,

Квер бана Мухтарас хвасар гьавизе.

Бихьея кверилан, кодоб босана,

Гьоркьоб хIацIу бахун, гьабуна цуйзе.

РекIана гьесул квер, чIана букIахъе,

Гьабуна хIалимас хIикмат бихьизе.

Бичасул хIикмалъи, ХIабиб хиралъи,

ТIатIала лъураб квер цоцалъ рекIана.

Хирав ХIабибасул хIикмат бихьидал,

Хьул лъунаха гьесул бусурманлъизе.

Капурав вукIана гьев гIарабияв,

ГьебсагIат къасд лъуна, жив нахъвилълъине.

Гьанив бусурманлъун, бичас тIовитIун,

Ана гIарабияв дин тIобитIизе.

ХIисаб гьабе, вацал, гьев ХIабибасул,

Гьесул бугеб гIищкъу уммат бокьизе.

Умматалъул балай мутIигIлъуларев,

Гьесул Кавсаралде146 сверун лъугьине.

ГIасилъараз гьесий квешлъи гьабула,

Къиямасеб къоялъ гьев къварилъизе.

Къваридал къояца ватулев ХIабиб,

КIал гьикъун чIун руго, хIайран гьавизе.

ХIисабалъул къоялъ гурхIулев Расул,

ГьетIун чIун руго нилъ, пашман гьавизе.

Уммат бакъун букIун жив кваналарев,

Гьобол валагьулев, цадахъ кваназе.

Гьавигун бичасда уммат гьарарав,

Гьезда гъоркье чIарав, гьезда гурхIизе.

Эсул умматилан ратунги рукIун,

Расги нечоларо суннатал тезе.

МухIамадги щиван,дагIбаги гьабун,

Гьай, гIадамил гъира, жамагIат тезе.

Гъазаватбуго дир хIалтIиян абун,

ХIиладай хьвадула дин рехун тезе.

Огьо-гьой, свакана, сабру тIагIана,

Макьу бергьун ккана какде вахъине.

Гъазаватин хIалтIи хIилла тарасе,

Радал вахъунги ун, нахъевуссине.

Нахъа гьаниса ун, доваги вукIун,

Даран мекъса ккела даранчагIазе.

Гьединаб хIалалда мекъсаги хьвадун,

Нечеларищ, пакъир, цеве вилълъине?

Гьелъ, дий вокьулилан гьереси бицун,

Ламусго ккеларищ вихьизе чIезе?

Чияр боцIцIи кванан, зулмуги гьабун,

ЗахIмалъун ккеларищ рахIмат гьабизе.

Масжидалъул тIохда как ахIанани,

Ургъула гьев гъарим гIилла батизе.

Чури гьечIин абун, гIиллаги бачун,

Квер бала пакъирас жив рикIкIалъизе.

РикIкIадаб бакIалда гьудул вихьани,

Версил нухалъ уна, хъалиян цIазе.

Хъулбуде хьвадизе гъира букIуна,

ЧIагIагин гIаракъи ракIалдещвезе.

ЧIагIагин танхьие нух батарасе

Сунареб цIа бугеб живго вухIизе.

ХIилла, макру гьабун, гьава ккурасе

Чанги бакIал ругел кIалал гьикъизе.

Нусиялда къого зарар гьикъана,

Доб «Завахиралда»147 квешаблъи лъазе.

Тамахьу какараб бакIго гьечIилан,

Нухал кьун ратула тамахьо цIазе.

Нухда бугеб цIини батулареца

РагIи кьун батула жагьилзабазе.

«Ибну ХIажаралда»148 ашрабатазулъ149,

Уяб балагь буго, балагьаразе.

Гьебго тухIпаталда атIгIиматалъулъ

РикIкIун бугеб гьебги зарарабилан.

«Шигьабалда»150 бугеб нажасатазулъ,

ХIарамаб жойилан хьвадизабизе.

Добго тухIпаталда доб заманалъулъ

Баян бицун буго гьеб мерхьаразе.

Балай «Бугъяталде»151, каки бихьизе,

Гьава нахъе рехе, хьулги къотIизе.

Гьел гурелги бакIал гIемерал руго,

Гьав гъира бугел, нахъасан какизе.

Гьесул бугеб гIамал, какараб пиша,

Салам бегьунгутIи гьесие кьезе.

Гьелъие гIиллаги доб «ХIажаралда»152,

«Базлу саламалда»153  мубтагIидазе154.

ГIиллабиги рачун, кIалъараб мехалъ,

Бегьиларин бугеб гьеб салам кьезе.

Гьеб «МубшагIидалде»155 магIна бокьарал,

Балагье тIахьаде, бицен бихьизе.

Тамахьу цIалев чи мубтагIид гурин,

Инкар бугел чагIи ратизе ккани.

Жиндирго гIиллагун, хъвараб кагъатгун,

Калам гьабе гьесда, баян бихьизе.

БитIараб куцалда хьвади бокьани,

Нух кьей жибго те жагьилзабазе.

Щиб аб карагьатин къабихI гьабуни,

Аллагь хIадур вугин, хIисаб гьабизе.

КIалдир цIаялги ккун, кIутIбиги релъун,

Килщазул бутIруца нугIлъи гьабизе.

КIалдиб мугьруги чIван кIалъалеб къоялъ,

Чанги жо батилеб дуда бицине.

Мукъулукъил бетIер чIегIерги гьабун,

Киндай хIинкъуларев хIохьел биччазе.

Жанибе бачIунеб, къватIиб биччалеб,

КIиябго хIохьликьа ккела нечезе.

КIиябго рахъалда вугев малаик,

ГIайибин кколарищ, къватIире гъезе.

Бичас дуе кьурал сахал дур лугби,

Ккела жиндихъего сах нахъе кьезе.

Дие нух бугилан къацандилаго,

Кьолеб гьечIо нахъе, хIилла гьабизе.

ХIадис гьересиян кIалалъги абун,

Вихьила мун, пандихI156, виччанте цIазе.

Тамахьу какараб хIадис гьереси,

Мун ритIухъ ватани, вахъа бецIизе.

Я, диналъул вацал, кквея ахират,

Ахирги ккела нилъ досде руссине.

Те гьересиги, гьабуге хIилла,

ХIалица гьабулеб дин кIочон тезе.

Аллагь данде чIараб ризкъи сабаблъун,

СагIаталъги тоге дин хараблъизе.

Хайир камулареб гьаб дунялалда,

Холеб къо ракIалдещун хьвадаразе.

Хьвади, гъарим гIадан, мун гIакълуялда,

ГIакъубагун гIазаб тIаса борхизе.

ГIакъубагун гIазаб тIаде биччани,

ТIокIлъиго лъаларо рахIат щваразе.

Угьа, дунияля, духъ бугеб пиша,

Дуда жанив вугев гIабдал гуккизе.

Аллагьас цIунаге дургусеб базар,

Берда бихьулаго цIикIкIел бахъизе.

Хъванго батугеги мун берцин бихьи,

Берцинаб ахират хараб гьабизе.

Хвезе гьаре, Аллагь, ниж тавбуялда

Таманал мунагьал ругин раччизе.

Риччан тоге, Аллагь, ниж мекъса ккезе,

Къиямасеб къоялъ тирунгутIизе.

Таризе гьаруге гIамалалдаса,

ГIазаб захIмалъила ниж, гъаримазе.

Гъарим катибасе157кири батизе

Гьадият буго гьаб гьудулзабазе.

ДугIаялде хьуллъун, дирго вацазе,

3иян гьечIин абун, лъуна бахъизе.

Дунги ГIумар вуго, дибирлъи рихун,

Гьал хIурупал хъварав нахърилълъаразе.

Дунял цIакъ хирияв махIатIул зугьур158,

ХIатIикь кIкIукIкIан тарав гьал гIажамияз.

МИЯКЬОСА ГIУМАР-ХIАЖИ ЗИЯВУДДИНИЛ АСАРАЛ

Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддиница нахъе тана басмаялда рахъаралниги квералъ хъваралниги гIемерал асарал. Амма гьел киналго жеги кодоре щун гьечIо. Гьанир кьолел руго загьирлъарал, жидер хIакъалъулъ баянал ругел гьесул хIалтIаби.

Б а с м а я л д а  р а х ъ а р а л

• Мавлидун-наби. Истамбул: МатбагIатул аскария, 1299 (1881). МагI. мацI.

Мавлидазул мажмугI.

• Фатава-йи ГIумариййа фи`т-ТIараикъил-алиййа. Эдирне, 1301/1882; Истамбул, 1983, 1995. ГIар. мацI.

ГIумар-хIажица гьаб тIехь хъвана батIи-батIиял хIажатаз тIамун. Доб заманалда гIемерал бахIсал унел рукIун руго тIарикъатал хIажатлъиялда тIасан. ТIарикъаталде лъугьараб мехалъ, щиб гьабизе кколеб, тIарикъаталъул адаб ва гьел гурел жеги гIемерал масъалабаз инсанасул бетIер машгъул гьабулеб букIун буго. Гьеле, гьединал суалазе гIоло хъвараб буго ГIумар-хIажица гьаб тIехь. Гьаб къиматаб асаралъул  гIараб мацIалда хъвараб оригинал цIунун буго Истамбулалда Сулеймание мажгиталъул библиотекаялда. Гьанжесеб турк мацIалде Ирпан Гюндюз ва Якъуб Чичек абурал гIалимзабаз буссинабураб гьеб тIехь, 1983 соналда тIоцебе басмаялда бахъана Истамбулалда «Тасавуп ва тIарикъатазда хурхарал фатваби» абураб цIаралда гъоркь.

• Мавлид шарип (мавлид). Эдирне, 1301/1882. МагI.мацI.

• МугIжизат ан-наби (мавлид). Истамбул: Эвкаф матбагIа, 1882; Эдирне, 1882. МагI. мацI.

• Къиса ал-ажир (мавлид).

• МигIраж ан-наби (мавлид). Эдирне, 1305/1886. МагI.мацI.

•Синану-л Аквали-н-Набавиййа минал-АхIадисил-Бухариййа. Истамбул: МахIмуд-бейил матбагIа, 1308/1890. ГIар. мацI.

  1.  текст жанибе бачараб хIадисазул мажмугI.

• Зубдатул-Бухари. Каир: МатбагIа-и Кубра, 1330/1912; Истамбул, 1992. ГIар., турк мацI.

ТIоцебе Мисриялда (Египталда) басмаялда бахъараб 1524 хIадис жанибе бачараб мажмугI.

• Ал-Асила вал-Ажвиба фи ГIилми Усулил-ХIадисил-Мураттабатан. Бурса: Худавендигар матбагIа, 1307/1889. ГIар.мацI.

ХIадис усулалда (стилалда) хурхараб суал-жаваб къагIидаялда хъвараб асар.

• Ат-ТасхIилатул-атира фи Кираати Ашара. Истамбул: Ризели ХIасан-апандил матбагIа, 1304/1886. ГIар. мацI.

Къуръаналъул гIелмабазул хIакъалъулъ хъвараб асар. Къуръан цIалиялъул анцIго къагIидаялъул хIакъалъулъ баянал рагIа-ракьанде щун кьун руго гьенир.

• Таржума-и Акъаид-и Насафиййа. Бурса, 1308/1890. ГIар.мацI. Каламалъул хIакъалъулъ асар

Каламалъул хIакъалъулъ хъвараб асар.

• Къисас-и aн-набийа. Темир-хан-Шура, 1322/1903. МагI. мацI.

ШигIрияб къагIидаялда аварагзабазул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб гьаб асар цIакъ машгьураб букIана магIарулазда гьоркьоб.

• МиргIат-и Къанун-и Асаси. Истамбул. Саика матбагIа, 1324/1906. Турк. мацI.

ХIукъукъалъул хIакъалъулъ асар. Авторас гьаниб исламалъул пикруялда рекъон къимат кьолеб буго 1876 соналда къабул гьабураб ГIусмани империялъул конституциялъе.

• Заваидуз-Забиди. Каир, 1325/1907. ГIар.мацI.

Гьаб тIехьалда бицен гьабулеб буго хIадис гIелмуялъул хIакъалъулъ.

• Адабул Кираати`л-Къуръан. Истамбул: ГIусмания матбагIа, 1326/1908. ГIар. мацI.

Адабалда ва махщалида Къуръан цIалиялъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь.

• ХIадис-и Арбаин фи ХIукъукъис-Салатин. Истамбул, 1326/1908. Турк мацI.

Гьаб асаралда руго турк падишагьазул хIукъукъалда хурхарал хIадисал. Гьезда цадахъ рорхун руго Истамбул бахъиялъул, гIусманиязул рагъул сапаразул, Аллагьасул нухда аскаралъул гIуцIиялъул махщел гIадал темабиги. ТIехь хъван буго 21 хIадисалдаса пайдаги босун: 12 хIадис босун буго «Кутуб-и Сут» абураб хIадисазул тIохьодаса, 2 хIадис – АхIмад бин ХIанбалал «Муснадин» абураб асаралдаса, хутIараб къоло анлъгойилан абуни – батIи-батIиял хIадисазул тIахьаздаса.  Авторас, хIадисазул гIараб текстал кьун хадур, «Таржама ва магIна» абураб бетIералдалъун гьезие гIурхъи чIван буго. ТIохьол роцен кIодолъичIого букIине гIоло гьес, хIадисазул далилал кьечIого, сундул хIакъалъулъ гьениб бицен гьабулеб бугебали, къокъалго баянал рачун тун руго. Гьенирго рихьизарун руго жидеда жаниса хIадисал росарал  асаралги.

• Китабул-МугIжит ли-Жамиил-Анбия. Истамбул, 1338/1920.

Аварагасул мугIжизатал рицараб асар.

• Таржума-и Зубдатул-Бухари Маас-Сурух. I-II бутIа. Трабзон, 1341-1345/1923-1927. ГIар. мацI.

Авторас квералъ хъвараб къагIидаялда хутIун бук1араб гьаб асар, гьев хун хадуб ГIумар Лутпи абурав чияс Трабзоналда кьабураб. Гьелдаса хадуб латин хIарпаз чанго нухалъ басмаялда бахъана.

• МавхIиба-и Барии Таржама-и Бухари.

Гьаб асар бащдаб кьабун хутIун буго.

К в е р а л ъ  х ъ в а р а л  

• Тажвид-и Умуми.

Шайихасе сайигъат гьабураб асар.

• Китабул-Икрар.

ГIараб мацIалда хъвараб шигIрияб асар.

• Китабул-Дава.

ГIараб мацIалда хъвараб шигIрияб асар.

• Усул-и Фикихдан Миркад Метни.

Цо-цо бакIазда баяналги кьун, гIараб мацIалда хъвараб шигIрияб асар. Бицен буго, гьеб асар биланилан.

• Лугъати Авзан.

Ункъо жилдалде данде гьабураб ГIараб-турк лугъат.

ЦАДАХЪЛЪЕЛ

МИЯКЬОСА ГIУМАР-ХIАЖИ ЗИЯВУДДИНИЛ ДИНИЯБ СИЛСИЛА

  1.  МухIамад авараг
  2.  Абубакар Сиддикъ
  3.  Салман Париси
  4.  Къасим ибн МухIамад
  5.  Жапар Садикъ
  6.  Баязид Бистами
  7.  Абул-ХIасан ХIаркани
  8.  Абу ГIалиййинил Пармади
  9.  Юсуп ХIамадани
  10.  ГIабдулхаликъ Гуждувани
  11.  ГIарип Равгири
  12.  МахIмуд Инжир Пагнави
  13.  ГIали  Рамитани
  14.  МухIамад Баба-ас-Саммаси
  15.  Амир Кюлил
  16.  Шах Накъшибанд МухIамад Багьавудин Бухари
  17.  Алауддин Аттар
  18.  Якъуб Чархи
  19.  ГIубайдуллагь Ахрар
  20.  МухIамад Загьид Парса
  21.  МухIамад Дарбиш
  22.  ХIажаги МухIамад Амканаки
  23.  МухIамад баки Биллагь
  24.  Имам Раббани АхIмад Парукъ Сарханди
  25.  МухIамад Масум Сарханди
  26.  МухIамад Сайпуддин Сарханди
  27.  Нур МухIамад Бадвани
  28.  Шамсуддин Жан Жанан Мазхар
  29.  ГIабдулагь ад-Дагьлави
  30.  Мавляна Халид Багъдади
  31.  АхIмад ибн Сулейман ал-Арвади
  32.  АхIмад Зияуддин Гюмюшханави
  33.  ХIасан ХIилми Кастамонулу
  34.  ИсмагIил Нажати Сапранболулу
  35.  ГIумар-хIажи Зияуддин Дагъистани
  36.  Мустапа Пайзи Текирдагъли
  37.  ХIажи ХIасиб Апанди
  38.  ГIабдулгIазиз Баккина
  39.  МухIамад ЗахIид Котку
  40.  МахIмуд Асад Жошан
  41.  МухIаррам Нураддин Жошан


ТIЕХЬАЛДА РУГО

АХIМАД МУРТАЗАГIАЛИЕВ. Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддинил адабияб хIаракат ………………………………………………………………

Мавлид шарип……………………………………………………………..

МигIраж ан-наби ………………………………………………………….

МугIжизат ан-наби…………………………………………………………

Къиса ал-ажир……………………………………………………………..

Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддинил асарал…………………………..

Цадахълъел. Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддинил динияб силсила……


3 ГIалимзаби / данде гьаб.С.М. ХIайбуллаевас. МахIачхъала, 1996. Гь. 33.

4Миякьоса ГIадул вас ГIумар-хIажи. Къисас анбиййа (Аварагзабазул къисаби). Темир-Хан-Шура: М. Мавраевасул тип., 1909; Хуласат ал-мавлид / данде гьаб. ЧIохъа АхIмадил вас ГIабдулахIажица. Темир-Хан-Шура: М. Мавраевасул тип., 1326  (I908); Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявуддин. Таджвид ГIумарийа. Темир-Хан-Шура: М. Мавраевасул тип., 1909; Гьаниб жаниб ГIумар-хIажил мавлид буго / данде гьаб. Миякьоса ГIадул вас ГIумар-хIажица. Темир-хан Шура: М. Мавраевасул тип., 1330 (1911); Зубдат ал-мавлид / данде гьаб. Миякьоса ГIадул вас ГIумар-хIажи Зиявуддиница. Темир-Хан-Шура: М. Мавраевасул тип., 1912.

5 Каталог печатных книг и публикаций на языках народов Дагестана (дореволюционный период) / сост. А. А. Исаев. Махачкала, 1989. С. 60-61;

6 Каталог рукописей на языках народов Дагестана, хранящихся в Рукописном фонде Института истории, археологии и этнографии ДНЦ РАН / сост. А.А. Исаев, С.Я. Магдиев, Д.М. Малламагомедов, Г.М.-Р. Оразаев. Махачкала, 2008. С. 176–177.

7ХIайбуллаев С. РекIел гьудулзаби. МахIачхъала, 1995; Хайбуллаев С.М. Духовная литература аварцев. Махачкала, 1998; Он же. История аварской литературы ХVIIXIX веков. Махачкала, 2007.

8ХIайбуллаев С. РекIел гьудулзаби. Гь. 41.

9 Миякьоса хIапиз ГIумар-хIажи Зиявуддин / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас, Р.Абакаровалъ. МахIачхъала, 1996.

10Алиев Б.Р. Северокавказская диаспора. История и современность. Махачкала, 2001.

11Муртазалиев А.М. Творчество Мурад-бея Мизанджи (Х.-М. Амирова) в контексте литературы дагестанской диаспоры Турции (вторая половина ХIХ-начало ХХ в.). Махачкала, 2004; Он же. Литература дагестанской диаспоры Турции: вторая половина ХIХ–ХХ в. Махачкала, 2006; Он же. Писатели дагестанского зарубежья. Махачкала: Издательский дом «Эпоха», 2006.

12Магомедов А.А. Дагестан и дагестанцы в мире. Махачкачкала, 1994.

13Магомеддадаев А.М. Эмиграция дагестанцев в Османскую империю (история и современность). Кн. вторая. Махачкала, 2001.

14Магомедханов М.М. Дагестанцы в Турции. Махачкала, 1997.

15KaflıK. Şimali Kafkasya. İstanbul, 1942; Erel Ş. Dağıstan ve Dağıstanlılar. İstanbul, 1961; Berzeg E.S. Kafkas Diasporasında Edebiyatçılar ve Yazarlar SözIüğü. Samsun, 1995.

16 1909 соналъул 31 марталда (13 апрелалда) султIан ГIабдул-ХIамидие мутIигIал Истамбул гарнизоналъул цо-цо частаз байбихьана мятеж. Радал сагIат анкьгоялда гIурччинал, чIегIерал ва хъахIал байрахъазда гъоркь 30 аз. солдатги офицерги ракIарула Ая-София майданалда. Офицерал-гIолохъантурказул цо бутIа букIана казармабазда жаниб рахан, цогидаб бутIа букIана чIван ялъуни лъутун ун. Алиев Г.З. Турция в период правления младотурок. М.: Наука, 1972. С. I37.

17 Юсуп Зия Бинатлил гьаб хабар буго Миякьоса Абакарова Разиятихъегьес битIараб кагътида. Гьелъул копия дир архивалдаги буго. – А.М.

18Шайихулислам – ГIусманияб империялда суннияб жамагIаталъул бетIер. 1920 соналда Турциялда КIудияб Миллияб ракIари ахIун хадуб шайихулисламазул институталъул бакIалда г1уцIана диналъул ишазул рахъалдасан комитет.

19Zübdetül Buhari. Tercüme eden Ömer Ziyauddin Dağıstani.İstanbul, 1992. S.10.

20ХIайбуллаев С. РекIел гьудулзаби. Гь. 43.

21 Zübdetül-Buhari. S.7.

22Dağıstani Ö.Z. Tasavvuf  ve Tarikatlarla ilgili Fetvalar. İstanbul, 1983. S.14.

23«Мавлид шарип» («Хирияб мавлид») тIоцебе басмаялда бахъана 1301 / 1882 соналда Турциялда. Дагъистаналда гьеб асар бахъана М.-М. Мавраевасул типографиялда кьабурал «Гьалда жаниб ГIумар-хIажил мавлид буго» (1911) ва «Зубдат ал-мавалид» (1912) абурал тIахIазда. Гьелдаса хадуб «Мавлид шарип» цIалулезухъе щвана гIицIго ХХ гIасруялъул 90-аб. соназда батIи-батIиял мажмугIазда жаниб бачун (Мавлидал / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала: МРИП «Юпитер», 1992; Миякьоса хIапиз ГIумар-хIажи Зиявуддин / данде гьаб. С. ХIайбуллаевасги Р. Абакаровалъги. МахIачхъала, 1996; Мавлидал / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала, 1997).

24АхIмад – МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

25ГIабдуллагь– МухIамад аварагасул инсуда цIар.

26ХIалилат – хIалалай гIадан, чIужу, гьудул.

27Аминат – МухIамад аварагасул эбел.

28ХIамиллъизе – къинай яхъине,лъимаде йикIине.

29ХIижаз – ГIараб бащдаб чIинкIиллъиялъул бакътIерхьуда бугеб территория, СагIуди ГIарабистаналъул бутIа. Ислам баккараб тарихияб бакI – гьенир руго бусурбабазе хириял Макка ва Мадина шагьарал.

30Сап-сап гьабизе – ирга гьабизе, цо-цоккун, къокъаби гьарун.

31Икрам гьабизе – кIодо гьавизе хIурмат гьабун къулизе.

32СултIан – хан, цевехъан, МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

33Сайид – хан, цевехъан, МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

34Давлат – 1) бечелъи, хазина; талихI, сах-саламалъи, лъикIлъи; 2) пачалихъ.

35Вагьбу – Аминатил эмен.

36Аманат – къосун ккеялдаса божилъи, жужахIалдаса цIуни.

37Марям – ГIиса аварагасул эбел.

38Асият – ПиргIанил чIужу.

39Нажат – хвасарлъи, тархъанлъи, эркенлъи, сундасаниги ворчIи.

40РабигIул авал – бусурман календаралъул лъабабилеб моцI.

41Сундус – тIеренаб чиллайдул ххам; бусен.

42Магъриб – бакътIерхьи, бакътIерхьул рахъ.

43Машрикъ – бакъбакки, бакъбаккул рахъ.

44КагIба –исламалъул аслияб хиралъи, Маккаялда Масжид ал-ХIарамалъул азбаралъул бакьулъ бугеб мина.

45Эв гьавураб сордоялъ Кисра хъала биххана … – Биценалда рекъон, МухIамад авараг гьавураб сордоялъ, Персиялъул Медаин шагьаралда Кисра хъаладул анцIила ункъабго си биххун буго.

46Къайсар – цезарь, кесарь, император, кайзер.

47Хошгелди – лъикI щварав.

48МархIаба – ворчIами, лъикI щварав абураб магIнаялда тIаде вачIарав чиясда разилъун абулеб рагIи.

49Махлукъ – буголъи, чIаголъи.

50ГIирпан1) лъай; 2) лъайкьей; 3) цебеккунго лъай, букIинисеб, ккелесеб цебеккунго бичIчIи.

51ХIабиб – МухIамад аварагасда хассаб  цIаразул цояб.  Аллагьасул вокьолев.

52Карим – МухIамад аварагасул цIаразул цояб. хирияв  хасият гIамал тIокIав.

53ХIалим – МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

54Мансур – МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

55Халил –МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

56МахIбуб – вокьулев, хирияв.

57ТIагьа –МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

58Матлуб – къваригIунев, хIажатав.

59Музнибин – мунагьал гьарулел.

60ШапигI –  МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

61ШапагIат – хIалае вахъин, рахъкквей.

62РахIман – гурхIел-рахIму бугев, цIоб бугев, Аллагьасул цIаразул цояб.

63МугIжизат – г1адамал х1айран гьабулеб кинаб бугониги гIаламалъи, гIажаибаб жо.

64Хилап – дандеккунгутIи.  

65Байт – 1) КагIба рукъ; 2) рукъ, мина.

66Хайруланам – халкъалъулго хирияв.

67ТIавап гьабизе – 1) дин. КагIбаялда сверухъ хьвадизе; 2) сунда бугониги сверухъ хьвадизе, горал гьаризе.

68Субайбат – МухIамад авараг хахарай гIадан, гьесул имгIал Абулагьабица тархъан гьаюрай лагъ.

69ХIалимат – МухIамад авараг хахарай, Бану СагIд тухумалдаса гIадан.

70Тамамлъизе– тIубазе, лъугIизе.

71Пахрулъи – чIухIи.

72Таж – къираласул (ханасул) ботIрода лъолеб, гьесул хIакимлъиялъул гIаламат.

73Байинат – баянал.

74МухIдис лъугьине – каки чури биххаравлъун лъугьине.

75Миск – берцинаб махI.

76Юсуп авараг – берцинлъи жиндие мугIжизатлъун кьун букIарав, Къуръаналда бицен бугев авараг.

77Зулайха – ислам диналда бицен бугей, Юсуп аварагасухъ рокьи ккарай гIадан. Херлъун хадуй Юсупгун данделъидал, цIидасан гIолохъанлъанилан бицуней Мисриялъул (Египталъул) цо бика.

78Буракъ – биценалда рекъон, мигIражалъул сордоялъ МухIамад авараг тIад рекIине Аллагьас битIун бачIараб чу гIадаб хIайван.

79Жибрил (ЖабрагIил) – малаикасул цIар.

80Къуддус (Ал-Къуддус) – Иерусалим.  

81Анбияал – аварагзаби.

82Къадир – сундуего хIалкIолев, Аллагьасул цIаразул цояб.

83Завжал – лъади.

84Къасим – бикьулев, Аварагасул цIаразул цояб.

85МигIраж – зодове вахин.

86Макъам – 1) бакI, вугеб бакI; 2) хъулухъ, даража, хъулухъ гьабулеб бакI; 3) хIакимлъи, кверщел, ихтияр.

87ХIурал – хIурулгIинзаби.

88Гъилман – жал алжаналъул агьлуялъе хулухалъе тарал лъимал.

89Гъайбат – балъгояб гIелму.

90Къурайшал (Бану Къурайш) – МухIамад аварагасул тухум гьоркьобе унеб гIарабазул къавм.

91СахIир – сихIручи.

92Абужагьал (Абу Жагьал Амр бин Хишама) – къурайшиязул мушриказул бищунго кIудияв, Бадруялъул рагъда чIварав.

93Ятим – бесдалав, бесдал лъимер.

94Абубакр (Абу Бакр  ас-Сиддикъ) (572–634) – тIоцевесев халип.

95Табун – тухум, кьибил.

96Гъару Савр – 622 соналъул сентябрь моцIалда мушриказдаса лъутулаго, МухIамад аварагги Абубакарги рахчараб Жабалул Саври абураб магIарда бугеб нохъо.

97ГIанкабут – нусиреч.

98Гьижра гьабизе – гочине, цояб бакIалдаса цогидалде рахъине.

99Хайбар – ГIарабистаналъул шимали рахъалда, ягьудияз гIумру гьабулеб букIараб бакI, хъала (оазис). Гьениб, ислам тIибитIизабулаго, МухIамад аварагасул аскаралдаги ягьудиязул аскаралдаги гьоркьоб ккана рагъ (628 с. май).

100Шам – Дамаск, Сирия.

101Рагъбат – хьул, кIудияб гъира, гьетIи, бокьи, ракIбай, рекIел цIайи, интерес.

102«МигIраж ан-наби» абураб мавлид тIоцебе басмаялда бахъана  Турциялда 1886 (1305) соналда. Хадубккун гьеб чанго нухалъ кьабуна Дагъистаналда (Зубдат ал-мавалид.  Темир-Хан-Шура: М.-М. Мавраевасул тип., 1912; Мавлидал/ данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала: МРИП «Юпитер», 1992; Миякьоса хIапиз ГIумар-хIажи Зиявуддин / данде гьаб. С. ХIайбуллаевасги Р. Абакаровалъги. МахIачхъала, 1996; Мавлидал / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала, 1997).

103Макъсуд – мурад.

104Илчи – чапар, вакил.

105ХIазрати – хирияв, къиматав, мукъадасав.

106Курс – ислам диналда Аллагьасул свери, ГIаршалда гъоркь бугеб бакI, зоб.

107Малаул агIла – малаикзабазул гIалам, дунял.

108Ражаб моцI – бусурман календаралъул анкьабилеб моцI.

109Масжид ул-ХIарам – Маккаялда бугеб мажгит, бусурбабазул аслияб хиралъи, мукъадас. Гьеб мажгиталъул азбаралда буго КагIбаги хирияб Замзам иццги.

110ХIамзат(ХIамза ибн ГIабдул МутIаллиб) – МухIамад аварагасул вацгIал.

111ЖахIпар(ЖахIпар ибн Абу ТIалиб) – МухIамад аварагасул вацгIал.

112Гъапу – каву, нуцIа.

113Исрапил – малаикасул цIар.

114МикагIил – малаикасул цIар.  

115ГIизрагIил – малаикасул цIар.

116Саламлихъ – рузман къояз мажгиталде турказул султIан иналъул низам.

117Замзам – КагIбаялда аскIоб бугеб хирияб ицц.

118Мугьрул унбусат – мугьруялъул сурат.

119Сахратуллагь – Иерусалималда аварагасул Ал-Масжид ал-Акъса мажгиталда гъоркь бугеб тIалу, мукъаддасаб кьура.

120«МугIжизат ан-наби» авторас хъвана ва басмаялда бахъана Турциялда(1882). Хадубккун гьеб чанго нухалъ кьабуна Дагъистаналда (Зубдат ал-мавалид.  Темир-Хан-Шура: М.-М. Мавраевасул тип., 1912; Мавлидал / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала: МРИП «Юпитер», 1992; Миякьоса хIапиз ГIумар-хIажи Зиявуддин / данде гьаб. С. ХIайбуллаевасги Р. Абакаровалъги. МахIачхъала, 1996; Мавлидал / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала, 1997).

121СатIихIул Кагьин – кашишзабазул кIудияв.

122АсхIабул пилал рачIун, абабилаз гъурана... – Авараг гьавилалде кIиго моцI букIараб мехалъ, Йеменалъул бетIер Абрагьица хIукму гьабула КагIба рукъ биххизе. Гьелъие гIиллаги букIуна гьадинаб: сверухъ ругелщинал гIарабияз КагIбаялде хIеж гьабулеб бугилан рагIидал, Йеменалъул бетIер Абрагьица тахшагьар Санаялда бала кIудияб килиса. Цинги гьанжеялдаса нахъе киназго хIеж гьенибе гьабизе кколилан лъазабула гьес. Халкъалъ инкар гьабула. Гьеб хабар лъарабго, ццин бахъарав Абрагьа, лъабкъоялда анцIазарго чи вугеб аскарги бачун, Маккаялда бугеб КагIба рукъ биххизеян къватIиве вахъуна. Абарагьил гьеб бо гъурула Аллагьасул амруялдалъун абабил абурал хIанчIазул боялъ.

123Хадижатил базаралъ Шамалде ун вукIана… – МухIамад аварагасул тIоцеесей лъади Хадижат йикIана даран гьабулей, батIи-батIиял бакIазде дармил къапилаби ритIулей гIадан. Гьей ячиналде цебе, гьел къапилаби гIуцIизеги тIоритIизеги гIоло, гьелъ мухьдахъ ккун вукIана МухIамад авараг.

124Жабалул ХIираъ – Маккаялъул бакъбаккул рахъалда бугеб Жабал-ан-нур абураб могIрол тIогьиб бугеб нохъо.

125Кагьтал – хасаб цIар; къавмалъул бетIер.

126Хадув лъугъун Суракъат жив кквезе тIаде щвана, РекIараб чу ракьалъ ккун, иман лъун нахъвуссана… Суракъат (Суракъат ибн Малик) – къурайшияз МухIамад авараг кквезе витIарав чи. Биценалда рекъон, Аварагасде гIагарлъаравго, гьесул чодул бохдул накабазде щвезегIан ракьулъ къала ва гьев живго чодаса гIодовеги вортула. Аварагасе щибго зарар гьабизе кIолареблъи бичIчIарав гьев, жив хвасар гьавеян ахIдола. Аварагасги гьесул гьалмагъзабазги гьесие кумек гьабула. Гьезда аскIовеги вачIун, Суракъатица Аварагасда бицуна, къурайшияз гьев валагьизе кумек гьабурав чиясе нусго варани кьезе къотI гьабун бугилан ва гьел кквезе гIемерал гIадамалги хадур тIамун ругилан. Аварагас гьесда абула жидер хIакъалъулъ лъиданиги бицунгеян. Суракъатица Аварагасда гьарула жиндие цIуниялъул кагъат кьеян.  МухIамадица амруги гьабун, Фагьиратил ГIамирица Суракъатие гьединаб кагъатги хъвала.

127МагIбадил (УммумагIбад) эбелалъул хIораб лемаг батана…– Биценалда рекъон, гьей йикIана гьоболлъиялъулги гIаданлъиялъулги рахъалъ машгьурай гIадан. Гьелъул бакIалда рештIарал МухIамад аврагасги Абубакарицаги, кваназе жо гьечIищилан гьикъидал, щибго гьечIилан абула гьелъ. Гьебмехалъ чодрол рагIдукь бегараб хIалакъабго чахъуги бихьизабулаго, Аварагас гьелда гьикъула, гьаб чахъу бечIчIизе бегьиларищан.  ЦIакъго хIалакъаб ва загIипаб бугониги, УммумагIбад разилъула Аварагас гьеб чахъу бечIчIизе. Бисмиллагьги бахъун, Аварагас чахъудул гъвари лъухьарабго, гьеб рахьдал цIола ва моцIуялъуса рахь тIинкIизе лъугьуна.

128ХIалиматил гIи гIадин, рахьдал гIорал чвахана... – Биценалда рекъон, гьитIинав МухIамад авараг хахизе вачараб мехалъ, ХIалиматил рокъоб кIудияб баракат рештIуна. Гьедин, гьелъул гIиялжаз гIемераб рахь кьезе байбихьула.

129Абужагьал чIвалаго, МугIазил гъеж къотIана, КъотIун тIомалда бараб эб рекIине гьабуна…Биценалда рекъон, Бадруялъул рагъулъ бахIарчилъи бихьизабурав бусурманав МугIазил, Абужагьалил вас ГIикрамица гъажалда хвалчен кьабун, квер далдалун букIуна. МухIамад аварагас, бахун жиндирго хIацIугун, гьеб квер букIараб бакIалда рекIинабула.

130УхIудалда АхIмадил цо ца шагьид гьабуна... – УхIуд рагъулъ Абувакъасил ГIутбат абурав мушрикас Аварагасул гьурмада ганчIал речIчIула. Цо гамачIги щун, Аварагасул гъоркьияб кIветIги къунцIизабула, кваранаб рахъалдаса цаги бекизабула.

131Эсие къисасалъе жугьутIай Зайнаб чIвана… – Хайбаралъул гъазаваталда чIварав МархIаб абурав жугьутIазул цевехъанасул яц ХIарисил Зайнабица МухIамад аварагасе сайгъаталъе белъараб куйдул гьан бачIуна. Цебеккунго цIехон букIуна гьелъ Аварагасе бищун бокьулеб гьан сундул бугебилан. Куйдул бохдул гьан бугилан абидал, тIолабго куйдул къулагIиялда гьоркьобе дагьаб загьруги жубан, гьелъ бохда гьоркьобе цIикIкIун загьру ккезабула.  Аварагасда аскIор рукIаразул Бараил Бишр абулев ансарияс куна гьеб гьанал кесек. Цинги, гьев хведал, Аварагас амру гьабун, гьесухъ къисас босун, гьей жугьутIай Зайнаб чIвала.

132ГIали-апанди – Инхоса ГIали-хIажияв, «Макка бахъи» туркиялъул автор.

133«Къиса ал-ажир» абураб мавлид тIоцебе кьабураб бакIалъулги тарихалъулги мухIканаб баян гьечIо. Гьанже заманаялъ гьеб асар жаниб бугеб чанго мажмугI басмаялда бахъана араб гIасруялъул 90-аб. соназда (Мавлидал / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала: МРИП «Юпитер», 1992; Миякьоса хIапиз ГIумар-хIажи Зиявуддин / данде гьаб. С. ХIайбуллаевасги Р. Абакаровалъги. МахIачхъала, 1996; Мавлидал / данде гьаб. С. ХIайбуллаевас. МахIачхъала, 1997).

Къиса ал-Ажир – хIалтIизе гIадамал рачунев (кколев) чиясул къиса.

134ХIасан, ХIусен – МухIамад аварагасул яс ПатIиматил васал.

135Мустажир – хIалтIизе гIадамал рачунев (кколев) чи, щиб букIаниги кираялъе кьолев чи.

136ТIагьа – МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

137Ажирбал. мустажир.

138Тамру – МухIамад аварагасул заманалда хIалтIизабулеб букIараб гIарцул цIар.

139Тамин – квер.

140ТагIзир – тамихI.

141Наби – авараг.

142Мухтар – МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

143Хайрулаам – МухIамад аварагасул цIаразул цояб.

144Батулигьаний ПатIимат (Фатима), МухIамад аварагасул яс.

145Таслият – ракIгъезаби, ракI чучизаби, гIодове вуссинави.

146Кавсар – алжаналда чваххулеб ицц, лъар.

147 «Завахир» –динияб тIехьалъул цIар.

148 «Ибну-ХIажар» –Шигьабудин Абу ал-Фадл АхIмад ибн ГIали ибн МухIамад ибн ГIали ибн МахIмуд ибн АхIмад (773–852) цIар; гьединго гьес хъварал тIахьазул цIарги.

149Ашрабатал – гьекъолел жал баян кьолеб бакI.

150 «Шигьаб» – динияб тIехьалъул цIар.

151 «Бугъят» – динияб тIехьалъул цIар.

152 «ХIажар» – бал. «Ибну ХIажар».

153 «Базлу салам» – динияб тIехьалъул цIар.

154МубтагIид – цIияб жо диналде жанибе бачунев, бидгIа гьабулев чи.

155 «МубшагIид» – динияб тIехьалъул цIар.

156ПандихI – цо пуланасда, гьев сан гьавичIого, абулеб рагIи.

157Катиб – хъвадарухъан, хъвадарулев чи, автор.

158МахIатIул зугьурмугIруз сверун ккурав.




1. С Анатацыя на раздзел кнігі З
2. Тема- Философия семьи Факультет- ПМИ Группа- ПМ92 Студент- Мульцын К
3. Уральский государственный педагогический университет Институт социального образования Кафедра соци
4. Основные процессы непосредственно связаны с изготовлением или ремонтом изделия т
5. Трудовые споры и их разрешение
6. Предпосылки для внедрения методов биотехнологии в животноводстве
7. Введение3 Характеристика гостиницы4 Организационна
8. тематикою- апокрифи й панегірики вірші записи фольклорних творів житійноповістеві тексти полемічні орат
9. СЕВАСТОПОЛЬ м
10. Процедура санації.html